«Г1урик1к1анда» авалалъул унтараб суал т1убана

0
3

Нухазул  ах1вал – х1ал  кидаго  ва  кибго  цебеч1араб  суал  бук1уна.  Жиб – жиб  авалалда  лъик1  лъала  жидерго  нухазул  г1унгут1аби  ва  гьеб  цебе  борхизабула  рес  ккарабго.  Гьедин,  ц1акъ  унтараб    суал  бук1ана  «г1урик1к1анда» авалалда  г1умру  гьабулезулги,  ц1ад  банщинахъе  нухалъул  бугеб  татубахъиялъулги,  нухал  хвеялъулги.

Авалалда  ругезда  ц1акъго  лъик1  лъалеб,  гьоболлъухъе  рач1унездаги  бихьулеб,  щиб  х1алт1и  т1ад  гьабуниги  гьабураб  бихьулареб  цо  нухлул  участок  киназго  к1алухъ  бахъулеблъун  бук1ана  гьениб  г1емерал  соназ.  Аслияб  г1иллаги  нух къач1ан хут1уларолъиялъе   бук1ана  ц1ад  барабго ихх  ине  бак1  гьеч1олъи.  Нух  ц1ун  чанго  х1ор  батулаан  къват1ире  рахъаразда.  Лъелго  ине  ресцин  гьеч1еб  заман  г1емераб  бук1ана. Бищунго  къобух1и  бук1унаан  школалде  лъимал  унеб  заманалъ.

Г1емераб цебе босараб  ва бицараб «унтараб» суалалъе  жаваб щвеялде хьул къот1улеб бук1инч1о  гьенир  г1умру гьабулезул.  Маялъул  ахиралда  лъабго аслияб  къоялъ гьабураб х1алт1ул х1асилалда, т1убан гьумер хисана авалалъул.  Гьенир г1умру гьабулезул  роххел, х1атта гьенирехун  гьоболлъухъ рач1унезги,  росдал г1адамазги  бикьана.

Бетон т1езе бихьизабун бук1ана бищунго т1аде х1ал кколеб, «т1адг1урик1к1ан»  ва «г1одобг1урик1к1ан» авалазде  унеб г1аммаб нухалде.

Х1алт1и гьабуна  «Дир  Дагъистан – дир нухал»  абураб регионалияб программаялда рекъон.  Республикаялда программа х1алт1улеб буго 2019 соналдаса нахъе.  Гьеб программаялда рекъон,  бюджеталъул харж  нухал къач1аялъе  бикьизе изну буго аслияб къаг1идаялъ Дагъистан республикаялъул транспорталъул ва нухазул хозяйствоялъул министерствоялъул.

Х1алт1и гьабизе т1аде босана , тендералда бергьараб  ООО «Капиталграндстрой»  г1уц1иялъ.  Бетон т1еялъул х1алт1абазе бихьизабураб г1арцул харж бук1ана  2 512 548 гъур.  Гьарурал х1алт1абазул х1асилалда бетон т1уна 1958 кв.м.

Росдал  бет1ер  Б. Идрисовас   абуна  бетон  т1езег1ан  цереккунго  гьарулел    х1алт1абазе  араб  харж  ва  къуват  бук1анин  росдал  советалъ т1аде  босун  гьабураб.

Цинги, бетон  т1езе  байбихьаралдаса  авалалда  г1умру  гьабулез  т1аде  босанин  хадубхалкквеялъул  рахъ.  Гьединлъидал,  жив  ц1акъ  вохарав   вугин  гьабураб  х1алт1и,  авалалдаса    г1олилазул  рак1  унтиялъун  х1асилалда  жеги  кибниги  гьабич1еб  г1адинаб  щвалде  щвараб,  мух1канаб,  щулияб,  берцинаб  ккеялдаса.   Киналниги техологиялъул  рахъалги  ккун    гьабунин  х1алт1и, – ян.  Г1олохъабазул    жигарчиялъиялдалъун  бук1ине  кколеб  къадаралъул  ва  къвак1иялъул цементги,  бук1ине  кколеб   борхалъи  бетоналъулги  ч1езабуна  гьениб.

Ц1акъ  рак1  унтун,  жидерго  рокъоб,  азбаралда  гьабулеб х1алт1уе  г1адин  жигарчилъи  бихьизабуна    г1олохъабаз. Лъабабго  къоялъ  гьенир  х1алт1арал,  цебехъанлъи  гьабурал    г1олилазе  азарабго  баркала  буго г1адамазул  рахъалдасан.  Аллагьасги  х1ал  к1олареб  кири  хъван  батаги  гьезие.

Абизе  ккола  лъабабго  къоялъ  бихьиназе  квание  г1амал  гьабурал  ясазул  къокъаялъулги,  гьенибе  садакъаде  харжал  гьаруразулги, щивасул  ц1ар  гьаниб  хъвазе  мустах1икъал  авалалъул  жигарчаг1азулги.

Щивасул  багъарараб  квер  алжаналъуб  ч1ваги  Аллагьас.  Нухда   ч1олеб  х1ет1е  рик1к1ун  кири  т1аде  бач1унеб  бук1аги   нус – нус  соназ.

Авалалда  гьабулелъе  сундего цебехъанлъи  гьабулел  г1олилазул  къокъаялда  рак1алда  буго  жеги  г1умру,  рук1а – рахъиналъе ресал  ц1ик1к1инариялъе  рортанхъизе.

Руго  рек1еда  лъик1ал  планал.  Рахъаги  гьезул  гьел  г1умруялде. К1удияб  гьари  бугоан  ресазул  пайда  босулел  г1адамаздехун.  Г1олилаз  гьабулеб  лъик1аб  х1алт1ул  низам  ц1унизе    квербакъеян.  Хадубги  гьабизе  гъира  хвезабугеян.  Тавпикъ  кьеги  киназего  берцинаб  г1амалги,  рук1а – рахъиги  кквезе.  Амин.