Домой Муниципальные новости Лъималазул – лъай умумузул кумекалда бараб

Лъималазул – лъай умумузул кумекалда бараб

0

Районалъул  бищунго  к1удияб  школа  ккола  К1ик1униб  гьоркьохъеб  школа.  Жакъа   къоялде  гьенир  ц1алулел  руго  530  ц1алдохъан  ва  гьезие  лъай – тарбия  кьолеб  буго  63  учителас.  Кинабго  рахъалъ  техникаялдалъун  хьезе  гьабураб  бук1иналъ  гьенир  т1орит1ула  пачалихъалъулал  экзаменал,  олимпиадаби.  Гьениб  буго  т1абиг1ияб  газалъул  отопление.  11  классалда  жаниб,  азбаралда,  жанире  рач1унеб  нухалда  лъун  руго  видеокамераби.   Гьениб   бахъараб  кинабго  хут1ула  цо  чанго  моц1алъ  нахъе  ц1унун.  Гьединаб  бак1  т1алаб  гьабулеб  буго  республикаялъул    лъайкьеялъул  ва  г1елмуялъул  министерствоялъ  кинал  ругониги  тадбирал  т1орит1улаго.    Районалъул  газеталъул  х1алт1ухъаби  щвараб  мехалдаги  школалъул  азбаралда  т1ад  ран   унел  рук1ана  районалъул    школазда  гьоркьосеб  спортивиял  къецал.

Школалъул  директор  Г1. Къут1будиновасулгун  бук1араб  дандч1ваялда  баянлъана:  школалда  1-4 классазул  бух1илеб  квен  щолеб ц1алдохъабазул  къадар  225  чи  рук1ин,  школалда  хинлъи  ч1езе  гьабизелъун   т1абиг1ияб  газалдаса  пайда  босулеб  бук1ин,  республикаялъул  миллияб  проект  «Образование»  х1алт1изабиялъ    ц1ияб  химиялъул  кабинет  школалда  рагьизе  бажари  ва    министерствоялъ  гьенир  х1алт1улел  г1адамазе  харжал  ч1езе  гьаруни  бач1унеб  соналъул  байбихьуда   гьеб  х1алт1изе  х1адур  бук1ин. Г1умар  Къут1будиновасул  пикруялда  рекъон   школалъул  х1алт1ул  къимат  кьолеб  буго  пачалихъалъулал  экзаменал  кьеялъул   х1асилги  гьабун.  Дир  х1исабалда  гьеб  бит1ун  гьеч1о.  Экзаменаздаса  х1инкъун  9  класс  лъуг1ун  унел   руго  ц1ик1к1арасел  ц1алдохъаби  школалдаса  нахъе.  Гьезул  бащадал  лъугьунел  руго  гьоркьохъел  ц1алул  заведениябазде,  бащадал  росу  сверулел  рук1унел  руго.  Гьел  лъик1аб  гуреб  нухде   иналда  х1инкъи  буго.

Къут1будиновасул   лъималазул   умумуздехун   бугеб  гьари  бугоан  лъималазул   ц1алуда  хадуб     бербалагьи   ц1ик1к1ине  гьаби,  цо – цо   школазде  рач1ин,  ц1ехей.

Умумуз  ва  учительзабаз  цадахъ  рекъон  х1алт1и  г1уц1ани  гьелъ  лъик1ал  х1асилал  кьезе  руго.

Сураталда:  Г1. Къут1будинов

Exit mobile version