Исана 80 сон т1убала фашистияб Германиялда т1ад к1удияб Бергьенлъи Советияб халкъалъ босаралдаса. Гьеб рагъул х1асилалда нилъер камуна 27 миллион чи, хвезаруна г1адамазул къисматал, т1аг1инаруна аза-азар росаби ва шагьарал.
К1удияб Ват1анияб рагъул нуг1зал сон бахъанаг1ан хут1улел гьеч1о. Тарих нилъеца ц1унич1они, рагъул х1акъалъулъ баянал лъалк1 теч1ого г1адамазда цадахъ т1аг1ине рес буго. Хьаргаби районалдаги хут1ич1о цониги К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчи. Киналниги нахъе хут1арал тарихиял баянал ц1унун руго лъай кьеялъул г1уц1иязда ва районалъул музеялда.
Районалдаса рагъде ана 1105 чи т1ад руссинч1о 636 чи.
Хьаргаби росулъа 150 ялдаса ц1ик1к1ун чи ана рагъде Ват1ан ц1унизе. Абадиялъго рагъулал майданаздаса т1ад руссинч1о 76 чи.
Нижеца цебеги хъван бук1ана районалъул газеталъул гьумеразда рагьулеб бугилан «Бергьенлъиялъе 80 сон» абураб рубрика. Гьениб нижеца газета ц1алулезе рагьизе рак1алда буго Хьаргаби районалъул тарихиял х1ужаби ва районалдаса Ват1ан ц1унулаго рух1 кьурал, рагъдаса нахъ руссинч1езул, рагъ лъуг1ун ракълилаб г1умруялде руссаразулги баянал. Гьединлъидал, редакциялъул гьариги бук1ана, Ват1ан ц1унулезда хурхарал х1ужаби ва баянал загьир гьареян, гьел газетаялъул гьурмазда лъеялъул мурадалда. К1очене тезе бегьиларо нилъер тарих, к1очене бегьиларо щивго, Ват1аналъе г1оло рух1 кьурав.
Саг1итов Х1амза гьавуна 1920 соналъ Хьаргаби росулъ х1алт1ухъанасул хъизамалда . Гьев вук1ана г1емер ворхатав гурев, х1алт1и бокьулев, рак1 г1ат1идав, г1адамаздехун рак1 рагьарав чи. Росулъ гьарулел киналго къецаздаги г1ахьаллъи гьабулаан гьес, бокьулаан кьурдизе. 20 сон барав Х1амза 1940 соналъ ах1ана Советияб Армиялде .
6 моц1алъ Киевалдаги вук1ун, гьев вит1ана Львовалде. Гьениб рагъуе лъураб байбихьи лъуг1ана Берлиналда . Рейхстагалда байрахъ бахинабиялъул нуг1лъун вахъана гьев, бихьана Бергьенлъиялъул салют ва Япониялъул армия щущахъ бихизабиялда г1ахьаллъана.
Гьит1инаб къоялдаса Х1амза диналде рокьи бугев, дин ккурав чи вук1ана. Гьесул кидаго цадахъ рук1унаан диниял т1ахьал. Кьалул майданалде унаго кидаго ц1алулаан хириял дуг1аби. Жиндицаго гьес рик1к1унаан гьел дуг1абаз ккун, Аллагьасул х1алк1олъиялъ хут1анин жив ч1аго ян. Г1емераб къварилъи ва зулму къулч1ун инел рук1ана рагъулал сонал. Рук1ана макьу ва квен тарал г1емерал сардал.
Ростовалда, Киевалда ва Сталинградалда гъоркь лъабго нухалъ лъукъана Х1амза , ва щибаб нухалъ госпиталалдаса хадув ц1ан вит1ун рагъдеги унаан.
1945 соналъ, рагъги лъуг1ун, г1емерисел рагъухъаби Ват1аналде т1ад руссана. Амма, Саг1итовасул бах1арчияб рак1 бихьун, командованиялъ гьев Манчжуриялде вит1ана.
Ват1аналде т1адвуссиндал, жиндирго г1умруялда рук1арал бат1и-бат1иял лъугьабахъинал рицунаан гьес, г1енеккаразе интерес бугеб х1алалда. Ч1аго вугевг1ан мехалъ, тарихиял баянал рак1аризе, гьесухъе г1емерал хьвадулаан школалъул ц1алдохъаби.
Х1амза мустах1икълъана «Баг1араб ц1ва» орденалъе, «За отвагу» медалалъе, «Германиялда т1ад Бергьенлъи босиялъухъ» медалалъе ва г1емерал жеги шапакъатазе.
Хвана Саг1итов Х1амза 2004 соналъ Хьаргаби росулъ.
Хьаргаби районалъул
музеялдаса росарал
баянал