Нухал экономикаялъул бидурихьал

0
16

Дагьал  церег1ан  къояз  районалъул   бет1ер  М. Т1агьиров  ва  районалъул  депутатазул  Собраниялъул   нухмалъулев  М. Г1умаров  щвана  районалъул    территориялдасан  унеб  «Гъуниб – Вятлящевский  перевал»  республикаялъул  к1варалъул  нилъер   районалдасан  унеб  нухалда   гьарулел   ремонталъулал  х1алт1абазул  хал  гьабизе.  Гьабсаг1аталда  раг1алде  рахъун  руго  3,5 км.  манзилалда   хъил  т1еялъул  х1алт1аби  гьари.  Гьел    гьарулел  руго  республикаялъул  транспорталъулаб    министерствоялъул  пачалихъалъулаб  программаялда  рекъон.  Гьелъ  к1удияб  квербакъи  гьабизе  буго  республикаялъул  автотранспорталъулаб  сеть  г1ат1ид  гьабиялъе  ва  туристазул   къокъаби  ц1ик1к1унги   т1аде  къабул  гьариялъе.

Рехсолел   х1алт1аби  байбихьун  рук1ана  гьаб  соналъул  апрель  моц1алда.  Гьабсаг1аталда  3,5 км.  манзилалда   7  метра  г1еблъиялда  нухалде  т1ун  буго  хъил.  Х1алт1аби  гьарулел  руго  «Гидросила»  организациялъ  (нухмалъулев  Мух1амадг1али  Г1алиханов).  Бач1унеб  соналда  жеги  2,5 км.  манзилалда  хъил  т1езе  х1исбалде  босун  буго.

Мурада  росдал  администрациялъ,  росдал  жамаг1аталъ  рак1 – рак1алъулаб  баркала  загьир  гьабулеб  буго   республикаялъул  транспорталъулаб  министерствоялъе,   Дагъавтодоралъе  ва  «Гидросила»  г1уц1иялъе  гьарулел  ругел  х1алт1абазухъ.