2022 сон — Лъай кьеялъул сон

0
13

Дагъистаналъул  бет1ер  Сергей  Меликовасул  указалдалъун  2022  сон  Дагъистаналда  лъазабун  буго  лъай кьеялъул  сонлъун.

Рехсараб  указалда,  Дагъистан  Республикаялда  лъай  кьей  цебет1е -забиялъул  мурадалда,  лъай  кьеялъул  сон  т1обит1иялда  хурхун  гьаризе  ругел  аслиял  тадбиразул  план  г1уц1изе  ва  тасдикъ  гьабизе  т1ад  къан  буго  ДРялъул  Х1укуматалда.