Хьаргаби районалъул К1ик1униб росулъа Мух1амад Гьит1иновасул лъимерлъиялдасанго бугеб анищ бук1ана рагъулаб хъулухъалде ине. Школа лъуг1арабго рагъулаб училищаялде лъугьине документалги кьуна гьес. Цин гьев ц1алана Рязаналда рагъулаб воздушно-десантнияб училищаялда. Хадувги ц1алана Михайловскаялъул академиялда ралъдал пехотаялъул факультеталда Санкт-Петербургалда.
Г1олохъанав лейтенантас хасаб рагъулаб операциялда г1ахьаллъи гьабуна т1оцебесеб къоялдасанго. Лъай бугев, раг1и билълъарав рагъухъан х1исабалда, гьев т1амуна «Шторм» отрядалъул командирасул заместительлъун, психологасул хъулухъги т1ад къан. Амма, г1олохъанав маг1арулас х1аракат бахъулаан цебесеб кьерда вук1ине, рагъ бугеб бак1алде нух бахъизе. Мух1амадил рек1ел къвак1и ва жавабчилъи бихьидал, гьев г1емерав вит1улаан х1алт1и бажарич1ел командирал хисизе цебесеб кьерде. Хасго, Мух1амадица жиндирго махщел бихьизабуна Ц1ияб Бахмуталда гъоркь. Нилъер рагъухъабазда лъаг1елг1анаб мехалъ бахъизе к1олеб бук1инч1о к1вар бугеб рохьил раг1ал. Лъик1алан манзилалъ рохьоре жанире церехунги риччан, ВСУ ялъул рагъухъабаз нилъер рагъухъаби гьужум гьабун горсверуде кколел рук1ана ва г1емерал камиялги ккун к1вар бугеб ракьги бахъич1ого хут1улел рук1ана.
Мух1амадица, абуни, вач1индал гьужум бат1ияб къаг1идаялъ ургъана. Рохьоре жанире лъугьинч1ого рана к1к1уй гьабулел ва маг1у чвахизабулел гранатаби ва нахъе ана. ВСУялъул рагъухъабаз байбихьана щивго чи гьеч1ев бак1алде гьужум гьабизе. Гьеб мехалъ нилъер рагъухъабаз гьабуна тушманасде х1асил лъик1аб гьужум. Техникаги рехун тун, ч1ах1иял камиялгун гьел т1уризе ккана рагъулаб авлахъалдаса.
Гьеб рагъулаб операциялдаса хадуб М. Гьит1иновасе кьуна «За отвагу» медаль.
Мух1амадица кивго вихьизавуна жив махщел бугев, бет1ер бугев рагъухъан вук1ин, гьединлъидал т1ад ругел командирзабазул гьесдехун бат1ияб бербалагьи бук1унаан.
Амма кинабго хисана 14 июналъ. Цебесеб къоялъ Мух1амад ине кколаан Донецкалде мастерасухъе телефон къач1азе кьезе. Гьелда т1ад бук1ана рагъулаб операция унеб бугеб бак1алъул карта. Цин, гьесда х1исабалда бук1ана цебесеб кьерда ругел рагъухъабазухъе квен, лъим ва цойги х1ажатаб щинаб щвезабизе ине. Гьенив гьев рук1к1инег1ан хут1ана ва х1инкъи бук1ана машинадул фараби рек1инарун нахъ вуссине, тушманасул беспилотниказда ватизе рес бук1индал. Х1укму ккана радал къват1иве вахъине. Рогьел рехарабго г1инда раг1ана танкалъул моторалъул гьаракь.
Гьужум гьабизе х1адурун рук1адго бихьана ВСУялъул т1огьилаб танкалда Z х1арп. Рак1алде ккана нилъер рагъухъабаз тушманасул бахъараб танк батилин. Хадурго раккана рат1лида Россиялъул знакалги ругел рагъухъабиги. Нилъер рагъухъабазул рак1алги г1одориччазарун, лъик1аланго г1агардеги рач1ун гьез циндаго гьужум гьабуна ва байбихьана кверзул рагъ. Мух1амадида т1аде нусги бахъун вортана тушман. Гьесухъа бажарана квералъ нахъе гьабизе жинде бахъараб нус, амма гъваридаб ругъун лъуна жаниса кверда. Хадубги тушманас бахъун бач1араб таманчаялъул гула щвана Мух1амадил кваранаб квералъул к1удияб килищалда, хут1арал бот1рода аск1осан ана. Данде вугев тушманасухъа бергьанин ккарабго Мух1амадида мугъалда х1унсараб унти ч1вана. Унтиялъул кутакалъ гьесул гьаракь борч1ана ва цинги гьалмагъасде ах1и бан, данде вугев тушман къвинавуна. Гьеб рагъулъ бергьенлъи босана нилъер рагъухъабаз, амма г1емерал лъукъаралги ккана. Танк, абуни, кьурун нахъ буссун ана. Рагъухъабазе къвариг1ун бук1ана рик1к1ад гьеч1еб медпункталде ругънал рухьине ине.
Бата – батаралъ ругъналги рухьун, рагъухъаби ана Макаровка росдадехун, нилъералгу г1агарда ругеб бак1алде ралагьун. Росдал раг1алда гьезда вихьана ц1аназда вехь. Жидехъго бук1араб г1арацги кьун гьесда гьарана машинаялда медпункталде жал щвезареян. Цересел къоязгицин нилъеразухъ бук1араб медпункт бук1араб минаялъул азбаралде щвезег1ан гьазда данде ВСУялъул рагъухъаби рач1ана т1аде рортун. Гьез таманчаби реч1ч1ун бохдузда ругънал лъуна ва накабазде ккезаруна. Гьенивги Мух1амадида т1аде лопата босун вортана тушман. Квераз гурони живго ц1унизе рес гьеч1ев Мух1амад х1ал кьун данде вагъана.
Мух1амадица бицунеб буго, бищунго ургъел бугеб, х1алхьи толареб пикру бук1анин жиндир бот1ролъ — дир къоял лъуг1ун ратани г1агараб росулъ вукъизе щвани г1елин, абураб.
Аллагьасул кумекалдалъун, гьенибги щвана хвасарлъи, нилъер рагъухъабаз байбихьана жигараб гьужум.
Гьеб багъа – бачариялда гьоркьоб Мух1амадица ва гьалмагъзабаз х1аракат бахъана лъукъарал мах1аби ругониги гьениса нахъе нилъералго ругел рахъалде ине. Гьазул нухда цебе ч1ана 5-6 метр г1еблъуда бугеб лъар. Мух1амадица пикру загьир гьабун буго лъар бахине. Амма гьалмагъзабаз инкар гьабун буго ва кьодасан ине пикру ккун буго. Х1ехьезе к1олареб х1араги бук1ун Мух1амадица живго щвараб бак1алдасанго лъар бахине г1амал гьабун буго. Лъелъ Мух1амадил махщел бук1ана. Росулъан унеб г1ор лъик1 лъалаан гьесда. Лъар бахине рак1алде ккеялъ Мух1амад гьенивги ч1аго хут1ана. Гьесул к1иявго гьалмагъ кьодасан унаго, кьоги кьвагьун хвана. Х1алт1улел гьеч1ел х1ат1алги, зах1матго лъарги бахун, Мух1амад раг1алде щваравго нилъерго рагъухъабаз вачана. Кодов ккун БМПялде вахинавизе вачиндал, Мух1амадие гьениб бак1 батич1ого рек1ине, лъукъарал рагъухъабаз ц1ун бук1индал. Мух1амадие цадахъ бук1араб жигулида бак1 гьабуна. 5 – 10 минуталдасан машинги минаялде т1аде ккун гьаваялде рехана, Мух1амадги машинаялдаса къват1иве рехун ана. Цадахъ рук1арал рагъухъаби рорч1ич1о.
Мух1амадил мах1аби т1уранго гъурана, гьениса лъугьунеб бугеб биги, х1ехьезе к1олареб унтиги, гьев лъавудаса унев вук1ана. Цадахъ вугев васасдаги гьасдаги бажарана рациялъ кумек ах1изе.
Гьел Донецкалде хъамуна. Ц1акъ зах1матаблъун бук1ана Мух1амадие врачаз къот1араб диван — бохдул къот1ич1ого т1убаларин абураб.
Гьев божизе к1оларого вук1ана г1емераб мехалъ, рак1 къацандулеб бук1ана.
Амма гьанже бич1ч1улеб буго ч1аго хут1и Аллагьасул даража бук1ин
Операциялдаса хадув Мух1амад вачана Ростовалде, гьенисан Москваялде.
Васасда бихьараб къоялъ къулана эбелги эменги Мух1амадил. Г1емераб манзил тана больницабазда. Г1агараб росулъе т1ад вуссунаго бах1арчиясе дандч1вай гьабуна росуцояз ва г1агарлъиялъ. Нурудинил минаялда, гьобол – гьудул камулел рук1инч1о. М. Гьит1иновгун дандч1вазе ах1улаан школалде, ясли – ахазде. Амма, гьеч1о Мух1амадил рек1ее сасин. Муг1рул ц1умил рак1алъ ва пикрабаз ах1улеб буго гьев добго рагъул майданалде. К1иябго бох къот1аниги, къот1улел гьеч1о бах1арчиясул пикраби. Штурмовыяб отрядалъул инспектор х1исабалда ц1идасан т1ад вуссана М. Гьит1инов СВОялде. Ахираб заманаялъ киналго республикаялъул СМИяз лъуг1и гьеч1еб бицен гьабулеб буго рак1 къвак1арав маг1аруласул.
Мух1амадил рагъулаб ах1улеб ц1ар «Цезарь» бук1ун буго. Гьес абулеб буго т1ад вуссанин жив, жиндир бугеб рагъулаб х1албихьи цойгидазухъе кьезе мурад бук1иналъ. Жиндица риччарал гъалат1ал цойгидаз риччангут1иялъе х1алт1и х1албихьи бикьизе бокьун бугилан.
Цадахъго Мух1амадица т1обит1улеб буго рагъухъабазе гуманитарияб кумек щвеялъе х1алт1и.
Бах1арчиясул яц Пат1иматица квербакъи гьабуна гьеб х1алт1улъ вацасе. Школаз ва ясли – ахаз бак1арараб гуманитарияб кумек, гьединго жиндирго хъизаналъул рахъалдасан чанго нухалъ гьабураб кумекалъухъ СВОялъул рагъухъабаз хасаб баркалаялъул видеоотчет бач1ун бук1ана бит1ун.
Пат1иматил ц1аралда баркалаялъул кагъат бач1ана 136 леб мотострелковыяб бригадаялъул командованиялъ.
М. Гьит1инов мустах1икълъана шапакъатазе: орден «Мужество», медаль «За отвагу», «За проявление мужества» абураб медаль гьесие кьуна Дагъистан республикаялъул бет1ер С. Меликовас. М. Гьит1инов хъвана «Нилъер заманаялъул бах1арзал СВО» проекталде, Мух1амад ккола Кавказалъул ва Дагъистаналъул бах1арчи.
Мух1амадица т1алаб гьабуна кинабго рагъулаб махщел босизе; Гьедин саперасул махщел къвариг1ана гьесие т1убараб мина минабаздаса бац1ц1ад гьабизе. Г1адамаз кумек гьаридал, Мух1амад х1инкъана цадахъ цойгидалги рачун ине минабаздаса бак1 бац1ц1ад гьабизе. Гъоркьч1ел батун хвезе ватани, цох1о живго хвей лъик1иланги ккун гьев ана кумекалъе. Анц1 – анц1 минаялдаса бац1ц1ад гьабизе.
Мух1амадил эбелги эменги руго г1адамазе мукаг1алъи бугел г1адамал. Живго Мух1амадги гьедин куцаравги вуго. Рак1 биччарав, рак1 къвак1арав ва г1амал берцинав вас вугилан абула г1агарлъиялъги росуцоязги гьесда.
Рагъда вугев чияс гьес как — к1ал теч1о кидаго. Саг1ат цоялда къасе к1ал бихизе ккараб заманаялъцин, к1алал ккун руго Мух1амадица. Гьединги батила Аллагьас гьев г1ажаибго хьихьун хут1ун вугев. Кидаго Аллагьасде гьардилей йигей эбелалъулги гьари къабуллъаги Аллагьас.