Ц1уне, маг1арулал, миллаталъул, мац1,
Муг1рузда хъудараб,зобал гъугъараб,
Заназда бик1араб, бот1ролъ бессараб,
Г1асрабаз наслуялъ нилъее тараб.
Нуцалай Килалъа
Эбелалъул каламалдасан т1оцебе щивав чиясда раг1улеб бищунго хирияб, х1еренаб рахьдал мац1алъул бугеб к1варалъе къимат кьезе зах1матаб жо буго. Миллаталъул мац1 ц1унун бугони буго г1умру, тарих, г1адатал ва маданият. Жидерго мац1 гьеч1они миллат бук1унаро.
21 февраль — Т1олгодунялалъул халкъазда гьоркьосеб рахьдал мац1азул къо ккола. Гьеб ч1езабуна 1999 соналда ЮНЕСКОялъул Генералияб конференциялъул 30 – леб сессиялда. 2000-леб соналъ гьеб къо ана т1олгодунялалъул байрамазул календаралде гьоркьобеги.
Байрамалда хурхун киса – кирего т1орит1ула бат1и – бат1иял акциял, тематикиял дискуссиял, поэтическиял сардал ва бат1и – бат1иял къецал, фестивалал. Киналго тадбиразул г1аммаб масъалалъун ккола рахьдал мац1алде к1вар ц1ик1к1ун буссинаби.
Баяналъе, нилъер х1укуматалда г1умру гьабулеб буго 193 бат1и – бат1ияб миллаталъул халкъаз. Гьез х1алт1изабула 277 бат1ияб миллияб мац1.
Россиялда лъай кьола 24 бат1ияб мац1алда ва лъай кьеялъул программабазде босун буго 81 миллияб мац1. Ахирисеб нусго сонида жаниб Россиялда т1убанго т1аг1ана 15 мац1, гьездаса 10 яб т1аг1ана ахирияб 35 сонида жаниб. Цойги, Россиялда т1аг1ине рес бугеллъун рик1к1уна 139 халкъияб мац1.
Маг1арул мац1 рик1к1уна Северияб Кавказалдаго бищунго г1емерал г1адамазул рахьдал мац1лъун. Амма, сон бахъанаг1ан маг1арул мац1алъ к1алъалел дагьлъулел рук1ин якъинаб буго. Хасго, лъик1аб гуреб х1ал буго шагьаразда. Маг1арул миллаталъулги жал ругилан абулезда лъалеб гьеч1о бицине маг1арул мац1. Росабалъ ах1вал – х1ал, шагьаразда г1адинаб гьеч1ониги, нилъеда бихьулеб буго ясли – ахаздасанго рахьдал мац1 бицинч1ого г1олел рук1ин лъимал. Балъгояб жо гуро, нилъер г1ун бач1унеб г1ел, ц1ик1к1ун г1урус мац1алда к1алъалел рук1ин.
Бищунго рек1ее зах1малъулеблъун ккола, рокъор ругел, маг1арухъ г1урал, маг1арулалъ гурони к1алъаларел рук1арал эбел инсуца лъималазда жидецаго г1урус мац1алъ калам гьаби. Бигьалъун бихьулеб буго чияр мац1алда к1алъай.
Лъималазда раг1улеб калам, аслияб къаг1идаялъ, телевизоралдасан ва телефоназдасан буго. Гьенисан тарбия щун ва калам раг1ун г1олел лъималазда г1айиб бугищ?
Х1алт1удаса рокъоре щведал ч1агояб гара – ч1вари лъималазулгун гьабулел умумул дагьлъулел руго. К1алъаларел, жалго жидедаго жанире руссарал лъималги ц1ик1к1унел руго нилъер.
Школалдаса рокъоре унаго лъималазухъ г1енеккаразда раг1улеб батила, г1урус мац1алъ гурони цоцада к1алъаларел лъимал г1емерал руго гьанже заманаялъ.
Берцингойищ бук1унеб эбел – эмен к1алъарал г1еч1ого к1одоэбел – эменцин к1алъала росулъ ругел лъималазда г1урус мац1алъ.
Школазда маг1арул мац1алъул хъваялъул ва к1алзул каламалъул дарсал бищунго зах1малъулел руго лъималазе. Бажарулеб гьеч1о рахьдал мац1алда пикру загьир гьабизе.
Жакъа нилъеда цебе ч1араб масъала буго рахьдал мац1 ва калам къиматаб хазина г1адин ц1унун наслабазухъе кьей.
Киданиги рак1алде ккелароан нилъерго мац1 ц1унизе ккеялда хурхун ах1и бахъинабизе ккелилан. Нилъер умумулги, г1асрабаз калам гьабулеб бук1араб бечедаб, маг1наяб маг1арул мац1 лъималазда к1очон тезе рес бук1иналъ, гьелде ккезе гурилан рак1 х1инкъараб х1ал бач1унеб буго.
Г1урус мац1ги буго лъилалиго рахьдал мац1 ва нилъер улкаялъул г1аммаб мац1. Амма, гьеб лъач1ого хут1уларо г1умруялда. Тоге к1очене лъималазда маг1арул мац1ги нилъерго тарихги!