Г1алиев Мух1амад Дадаевич гьавуна 1917 соналъул 10 маялда Хьаргаби росулъ. Хьаргаби гьоркьохъеб школаги лъуг1ун хадув 1938 соналъ гьев уна т1адаб рагъулаб налъи т1убазе Советияб Армиялде. Хъулухъ байбихьула Белоруссиялда 503 г1арадачаг1азул полкалда. 1940 соналъ рагъулаб хъулухъ т1убалаго гьес г1ахьаллъи гьабуна Прибалтикаялъул улкаби фашистаздаса эркен гьариялъул рагъазулъ. 1941 соналъул 22 июналда СССРалде фашистазул Германия т1аде к1анц1игун Мух1амадица хъулухъ гьабулеб бук1ана Польшаялъул г1орхъода бугеб Брест – Литовскиялда 692 г1арадачаг1азул полкалда. Рагъул соназул кинабго кьог1лъи бихьана гьесда. Фашистазул къуват бергьун, нилъер ч1ах1иял шагьарал рехун тезе ккейги нилъер халкъазул зах1матаб къисматги. 1943 соналдасан Советияб Армиялъ фашистазухъа шагьарал эркен гьарулел мехги. Нилъер ракьалдаса тушман вачахъун хадув гьев г1ахьаллъана Румыния, Чехославакия эркен гьариялъул рагъазулъ. Чехословакиялъул Кремница шагьар эркен гьабулаго бихьизабураб бах1арчилъиялъе г1оло гьев мустах1икълъана Сталинил баркалаялъул кагътие. Бобруйскиялда полкалъул школа лъуг1арабго гьесие кьуна старшинаясул чин. Батареялъул старшина, хадуб 387 армиялъул г1арадачаг1азул трофейнияб г1арадабазул паркалъул командир. Мух1амадица рагъул соназда бихьизабураб бах1арчилъиялъе г1оло гьев мустах1икълъана рагъулал шапакъатазе. Гьесул каранда бана «Баг1араб ц1ва», «Ват1анияб рагъул» орденал, 10 медаль.
Бобруйскиялдаса Берлиналде щвезег1ан ц1а боркьараб рагъул нух нахъа тана гьес. 1946 соналъ гьит1инав лейтенант чиналда нахъ вуссана Мух1амад г1агараб росулъе ракълилаб г1умруялде. Гьев х1алт1ана Хьаргаби росдал председательлъун, хадув х1алт1ана районалъул финансазул отделалъул налогазул бухгалтерлъун, кинотеатралъул, комбинаталъул директорлъун, нухазул отделалъул начальниклъун. ОКХялъул заведующийлъун, аэродромалъул начальниклъун. Г1емерал соназ т1убана районалъул ветераназул Советалъул председательлъи. . Г1алиев Мух1амад Дадаевич вук1ана Хьаргабиса Ват1анияб рагъул ветераназда гьоркьов бищун ахиралда нилъедаса ват1алъаравлъун. Гьев г1емерав ах1улаан школазда ва районалда унел бат1и – бат1иял тадбиразде. Г1умруялъул нухалъул баянал ц1ехон ц1алдохъаби гьесухъе гьоболлъухъ рокъореги унаан г1емерал.
К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчи Г1алиев Мух1амадие Аллагьасул къадар щвана 2017 соналъ. Гьес бана 101 сон.
Ахират лъик1аб кьун батаги хваразе.