Ахихъабазул форумалда

0
0

15 марталда Гумбет районалда республикаялъул муг1рузул районазул ахихъабазул форум т1обит1изе бук1иналъул х1акъалъулъ цебеккунго социалиял гьиназда лъазе гьабун бук1ана. Гьединго лъазе гьабун бук1ана муг1рузул районазул ахихъабазда гьоркьоб пихъил гъут1би къач1аялъул къецал т1орит1изе рук1иналъулги. Гьел къецазда г1ахьаллъи гьабизе рук1ин разилъи лъазе гьабуна республикаялъул анц1го муг1рузул районаздаса ахихъабаз. Къацалъул г1ахьалчаг1аз бихьизе гьабизе кколаан жидерго гъут1би къач1азе бугеб махщел ва гьелда т1ад унеб заман.
Жюриялъ х1асилал данде росана ва «2025 соналъул муг1рузул районалъул гъут1би къач1алев ахихъан» ц1ар ч1вана нилъер районалъул К1ик1униб росулъа Д. Дациевасда. Гьесие кьуна росдал маг1ишаталъул министерствоялъул х1урматияб грамота, къиматал сайгъатал. Хадубккунги жеги ч1ах1и – ч1ах1иял бергьенлъаби росизе къуват ва сахлъи кьеги дуе Даци.