Гьал къоязда нилъер районалде рач1ун рук1ана Дагъистаналъул регионалияб «Опора России» отделениялъул делегация. Гьелда гьоркьор рук1ана Дагъистан республикаялъул Халкъияб Собраниялъул депутат «Опора Россиялъул» председатель Зульгимар Т1айгибова, Россиялъул бах1арчи М. Исбакиевасул эбел Марина Исбакиева, гьей ккола «Опора России» отделениялъул хасаб рагъул участниказе квербакъи гьабулеб къукъаялъул нухмалъи гьабулей. Гьединго «Опора России» отделениялъул комитеталъул нухмалъулев Ах1мад Ибрагьимов.
Дандч1ваялда Зульгимар Т1айгибовалъ бицана «Опора России» отделениялъул х1алт1ул х1акъалъулъ. Россиялъул бах1арчиясул эбел Марина Исбакиевалъ бицана хасаб рагъулаб операциялда г1ахьаллъи гьабулезе гьабулеб бугеб кумекалъул ва жакъа къоялде гьенибе бит1изе гуманитарияб къай х1адурлъун бук1иналъул.
Сапаралъ бач1араб делегациялъ хасал рагъул операция т1обит1улеб бак1алда шагьидлъарал нилъер районалдаса г1ахьалчаг1азе ва Россиялъул бах1арчи М.Исбакиевасе бараб памятникалда цере лъуна т1угьдул.
Гьединго делегация щвана Хьаргаби гьоркьохъеб т1оцебесеб школалде ва дандч1вана ц1алдохъабигун. Т1аде рач1арал гьалбаз лъай — хъвай гьабуна К1удияб Ват1анияб рагъдаса ва хасаб рагъулаб операция гьабулеб бак1алдаса нахъ руссинч1езе г1уц1араб мемориалалъулгун. Щвана школалъул мастерскаялде, гуманитарияб кумек гьабулеб бугеб куц бихьизе. Гьенир х1адур гьарулел ругоан окопазда ракулел свечаби, солдатазухъе кагътал ва гь. ц. Гьединго школалъул ц1алдохъабиги учительзабиги данделъараб данделъиялда М.Исбакиевалъ бицана жиндирго васасул х1акъалъулъ.
Гьенире рач1аразе ц1алдохъабаз кьуна г1емерал суалал, ва ч1ван къот1арал жавабал щвана.
Зульгимар Т1айгибовалъ бицана ц1алдохъабазда чан сон баралдаса бегьулебни жудерго бизнес рагьизе. Байбихьизе кколин гьит1инаб гъулугъалдасан, бач1инахъего к1удеб гъулугъалде щалниги унарин. Ц1алдохъабазул ц1акъ рак1 рекъана Т1айгибовалъул к1алъаялда.