16 сентябралда районалъул администрациялда т1обит1ана СВОялда г1умру кьуразе шапакъатал кьеялъул пашманлъи ц1ик1к1араб тадбир.
Тадбиралда г1ахьаллъи гьабуна Хьаргаби ва Лаваша районазда гьоркьосев рагъулав комиссар Р. Джамбалаевас, социалияб рахъалъ г1адамал ц1униялъул управлениялъул начальник М-Б. Т1агьировас, районалъул администрациялъул жавабиял х1адт1ухъабаз, Хьаргаби, Маг1либ ва Могьохъ росабазул администрациязул бут1руз.
Россиялъул Президентасул буюрухъалда рекъон Бихьинчилъиялъул Орденазе рихьизаруна Хьаргаби, Могьохъ ва Маг1либ росабалъа СВОялда г1ахьаллъулел рук1арал васал: Г1алиев Мух1амад Мурадович, Абакаров Гъайирбег Мух1амадович, Г1алиев Мух1амад Мух1амадович.
К1алъазе рахъараз, васал камурал эбелаздехун ва г1агарлъиялдехун гъваридаб пашманлъиялъул ва зигараялъул раг1аби загьир гьаруна бах1арчиял, таваккал бугел ва рух1алда барахщуларел васал г1езариялда т1адч1ейги гьабун. Шапакъатал кьей рик1к1ине бегьула васазул бах1арчилъи т1адег1ан гьаби гуребги, гьезул хъизамазул х1урмат гьабиги, гьадинал васал Ват1аналъе куцаралъухъ.
Районалъул бет1ер х1исабалда зах1матаб т1адкъай т1убазе кканин жиндицаян бицана М. Т1агьировас. Васалги цере гьеч1ого Бихьинчилъиялъул Орденал эбелазухъе кьеялдаса зах1матаб жо щибха бук1инеб.
Хьул буго гьал бах1арчиял районалъул васал абадиялъго нилъер рак1азулъ хут1илилан ва ирсаца гьезул бицен гьоркьоб къот1изе теларилан. Бищунго хирияб — жидерго г1умру кьуна гьез ракълие г1оло, нилъер Ват1аналъул интересал ц1унун.





