Дунялалъул чемпионаталда

Дунялалъул чемпионаталда

Дунялалъул чемпионаталда

Дунялалъул спорталда гугариялъул къецал гьоркьоса къот1ич1ого унел рук1ин  нилъеда  рихьула. Ахираб заманаялда нилъер Хьаргаби  районалъул ц1ар борхизе гьабулел гугарухъаби руго Хьаргабиса Ах1мад Тажудинов, Хъвартихьуниса Шамиль Шарипов ва К1ик1униса Мух1амад Шарипов Бахрейн х1укуматалъул рахъ ккун цере рахъунел.

         Гьал къоязда Хорватия х1укуматалъул Загреб шагьаралда т1обит1ана эркенаб  гугариялъул дунялалъул  чемпионат.  Гьенир  лъиял  х1асилал    рихьизе гьаруна Хьаргаби районалъул гугарухъабаз.

        Ахирияб заманаялда нилъедаго лъач1ого,  нилъ киналго эркенаб гугариялдехун рокьи бижарал лъугьана.

         2023-2024    соназда  эркенаб    гугариялъул   къецазулъ   хасго   цебет1ей   бугев   гугарухъан   лъугьана   Хьаргабиса     97   кг.   ц1айиялда   гугарулев  А. Тажудинов,  гьединго     Бахрейн   х1укуматалъул   рахъ   ц1унун   цере    рахъана   К1ик1униса   Шарипов   Мух1амадги  92 кг ц1айиялда ва   Хъвартихьуниса  Шарипов  Шамилги  125  кг.   ц1айиялда. Зах1матал дандч1ваязул  х1асилалда  Ах1мадие  ва  Шамилие  щвана  лъабабилеб  бак1     ва  мустах1икълъана  мазгарул  медалазе.  Бахрейн  х1укуматалъул  рахъ   ц1унун   цере   рахъарал   Хьаргабиса    легионеразул     рецц-бакъалъе   мустах1икъал   х1асилал   ккеялдаса   нилъ  ц1акъ    рохарал    руго.

2023  соналдаса  нахъе  А. Тажудиновас  лъихъаго  къвинч1еб  гугари  бихьизабуна  халкъазда  гьоркьосеб  даражаялъул  турниразда.  Спорталда  къвинго  гьеч1еб  х1асил  бук1унаро,  гьеб  къвиналъ  жегиги  лъадарун  бергьенлъабаз  рохизарила  нилъ  Ах1мадица.

Къуват    ва   сахлъи   кьеги    нилъер   гугарухъабазе   жеги   т1адег1анал   бергьенлъабазул   х1асилал   росун   нилъ   рохизе    гьаризе.

Дунялалъул чемпионаталда