Дагьал церег1ан къоязда республикаялъул тахшагьар Мах1ачхъалаялда т1обит1ана республикаялъул бет1ер С. Меликовасул призалъе г1оло футбол х1аялъул къецал. Гьел т1орит1ана бат1и – бат1иял министерствабазда ва ведомствабазда гьоркьоб. Г1ахьаллъи гьабуна 34 командаялъ. Гьел къецазда лъабабилеб бак1 босараб Социялияб фондалъул командаялда г1ахьаллъи гьабуна нилъер ракьцояв Х1усенов Жаватханица ва мустах1икълъана къецазул «Бищунго лъик1ав защитник» — ц1аралъе.
Г1ун бач1унеб г1елалъул футбол х1алезда ва гьеб бокьулезда Жаватхан лъаларел райцентралъул цониги чи гьеч1илан абуниги мекъи ккеларин ккола. Цо чанго сон буго гьес к1вар кьун футбол х1аялде лъимал куцулел ругелдаса. Жаватхан баркула дуда босараб бергьенлъи, хадубккунги жеги ч1ах1иял бергьенлъаби росизе къуват ва сахлъи кьеги дуе.