

Дагьал церег1ан къоязда Мурада гьоркьохъеб школалда х1урматияб къаг1идаялда рагьана, школалъул выпускникал Ах1мад Шамсудинов ва Мух1адкамиль Исрапилов рак1алде щвеялъе школалда рарал рак1алде щвеялъул хъарщал. Гьел к1иялго г1олилал ккола хасаб рагъулаб операция т1обит1улаго бах1арчилъиялда Ват1аналъе г1оло жидерго рух1 кьурал г1олохъаби. Тадбир т1обит1иги бук1ана гьел рак1алде щвезе гьари, гьезул бах1арчилъиялъе ва бихьинчилъиялъе кидагосеб рецц загьир гьаби.
Тадбиралда г1ахьаллъи гьабуна районалъул бет1ер М. Т1агьировас, Дарада – Мурада росдал администрациялъул бет1ер А. Алмасхановас, хасаб рагъулаб операциялда г1ахьаллъи гьабулев вугев жакъа къоялде отпускалда вугев росуцояс, к1иявго бах1арзазул умумуз ва г1агарлъиялъ. Гьеб байбихьана х1урматияб къаг1идаялда Россиялъул Федерациялъул байрахъ къват1ибе босиялдалъун. Данделъиялда г1ахьаллъи гьабулезда цеве вахъун к1алъай гьабулаго районалъул бет1ер М. Т1агьировас рак1 – рак1алъулаб зигара гьабуна бах1арзазул умумузе ва рак1ч1ей гьабуна гьезул лъималазул бах1арчилъи г1асрабаз ц1унизе бук1иналъул. Жиндирго к1алъаялдаса хадуб гьес бах1арзал рак1алде щвезе гьариялъе г1оло лъазе гьабуна цо минуталъулаб сих1къот1и.
Тадбиралда школалъул ц1алдохъабаз к1иявго г1олилазул автобиография бицана, ц1алана бах1арзазде гьарурал куч1дул. Росдал «Пикачо» ясли – ахалъул г1исичазги г1ахьаллъи гьабуна гьениб. Гьез рак1алде щвеялъул хъарщазда цере лъуна т1угьдул.



