Профессионалияб байрамгун!

Профессионалияб байрамгун!

Профессионалияб байрамгун!

Х1урматиял  районалъул  жанисел  ишазул  х1алт1ухъаби  ва ихтиярал  ц1унулел  г1уц1абазул  ветеранал!

Рак1-рак1алъго  баркула  нужеда   т1аде  щолеб  бугеб  профессионалияб  байрам. Жакъа нужер  кьеразулъ  руго  къвак1арал  рак1азул,  таваккалал  ва  рит1ухъал ишазул,  бокьараб  лах1заталда  халкъалъул  ва  улкаялъул  парахалъи  ва къадру  ц1унун  къват1ире  рахъине  х1адурал  г1олохъаби.  Ниж  киналго гьелдаса  ч1ух1ула  ва  рохула,  аслияб  къаг1идаялъ  мугъч1вайги  гьабула нужер  кумекалдеги,  рахъкквеялдеги,  ц1униялдеги.

Районалъул   полициялъулазда  байрамги  баркулаго,  гьарула  гьезул бах1арчияб,  гьебго  заманалда  х1инкъи   ц1ик1к1араб  х1алт1улъ т1адег1анал  х1асилал.  Щивасе  щулияб  сахлъи,  халатаб  г1умру,  хъизан-рукъалда  талих1- рохел         ва   гьабулелъе  икъбал.

М. Т1агьиров

районалъул  бет1ер