


Хьаргаби районалда МФЦ х1алт1изе байбихьана 2016 соналъул апрелалда.
МФЦялдасан т1убазе бегьула 325 федералияб, 257 регионалияб, 143 муниципалияб, 89 коммерческияб, 170 цойги бат1ияб госуслуга. Г1адамазе бигьалъиялъе, Хьаргаби районалъул Г1аймакиб ва К1ик1униб росабалъ руго х1алт1улел МФЦялъул подразделениял.
Райцентралда бугеб филиалалда х1алт1и бачуна 7 специалистас. Гьезие нухмалъи гьабулеб буго лъай бугев юрист М. Мах1мудовас.
Т1оцеве х1алт1уде гьев вач1ана 2017 соналъ ва 2021 соналде щвезег1ан х1алт1ана юристлъун. Цинги гьесда т1ад къана филиалалъул директорасул ишал. 2023 соналдаса жакъа къоялде М. Мах1мудов ккола Хьаргаби МФЦялъул директор.
Лъабго соналъ т1ат1алаго Хьаргаби районалъул МФЦялъул филиал, республикаялъул даражаялда рик1к1ана бищунго лъик1аблъун.
2021 соналъ т1обит1араб къецалда, Хьаргаби районалъул филиал, «Г1исинал шагьаразул МФЦ» категориялда рик1к1ана бищунго лъик1аблъун ва I бак1алъе мустах1икълъана. Цинги, гьеб борхалъудаса г1одоре инч1о 2022 ва 2023 соназ. Т1адеги, 2023 соналъ федералияб борхалъуда лауреаталлъунги рахъана.
Муг1рузул районазда бугеб МФЦялъул филиалалъе гьеб ккола к1удияб бергьенлъи.
Г1ат1идго макъала ц1ализе бегьула №45 октябрь 2025 соналъул газетаялъул гьумералда.


