«Хасалихълъиялъул» ярмарка ясли-ахалда

«Хасалихълъиялъул» ярмарка ясли-ахалда

«Хасалихълъиялъул» ярмарка ясли-ахалда

«Хасалихълъиялъул» ярмарка ясли-ахалда

        Гьал  къоязда  районалда  бугеб  «Малыш»  ясли-ахалда  гьабуна хасалихълъиялъул  бечелъабазул  ярмарка.

       Гьеб  байбихьана  байрамалъулаб   рагьигун.  Ясли-ахалъул  азбар бук1ана  къач1ан  ц1акъ  берцинго. Баг1арал,  т1огьилал, г1урччинал байрахъазул  ц1ун  бук1ана,  гьединго  къач1ан  рук1ана  щибаб  группаялъ жидерго  столалги. Столал  бечедал  рук1ана , балагьигун  берал  риххулел рук1ана,  пирог-торталги,  куракул,  т1идул  карщал, белъараб  хъабахъ, салатал, нусго  нахъе-нахъеги  гьуинлъаби.

       Ярмаркаялда  лъималазда  цадахъ г1ахьаллъи гьабулеб бук1ана воспитателалъ  хасалихълъиялъул  формаги  рет1ун. Льималаз   рик1к1ана    ва  ах1ана  куч1дул.   Гьаруна  бат1и –бат1иял  кьурдаби,  сценкаби.

        Гьеб  къоялъ  т1обит1араб  тадбиралде  г1емерал  гьалбал  рач1ана, цох1о  лъималазул  умумул  гурелги,  г1агарал-г1унт1аралги,  районалда ругел  учреждениял-организацияздаса  хъулухъчи-вакилзабиги.

        Ц1акъ  разиго  хут1ана  ярмаркаялде  рач1арал,  г1емер  мех  бач1о ярмаркаялъул  столал   ч1ороголъана.

         Баркала   буго  ясли-ахалъул  нухмалъулезе,  тарбиячаг1азе,  ярмарка бечелъизе  квербакъи  гьабурал  лъималазул  умумузе,  гьеб  лъугьана лъималазул  г1умруялда  к1очонареб  рохалилаб  байрамлъун.