Нилъер улкаялда 9 декабралда х1урматияб къаг1идаялда к1одо гьабула Россиялъул Бах1арзазул къо. Гьеб к1одо гьабизе мустах1икъабги буго. Лъик1аб тадбир т1обит1ана нилъер районалдаги Курмиб росулъ бугеб Россиялъул Бах1арчи М. Исбакиевасул ц1аралда ва киналго хасаб рагъулаб операция т1обит1улеб бак1алда шагьидлъаразе бараб памятникалда цебе. Гьениб г1ахьаллъи гьабуна районалъул бет1ер М. Т1агьировас, Дагъистан Республикаялъул Бет1ерасул г1акълучи М. Темирхановас, Республикаялъул Халкъияб Собраниялъул депутат Ж. Нажмудиновас, Республикаялъул рахъалдасан нилъер районалъул куратор М. Къурамух1амадовас, районалъул депутатазул Собраниялъул нухмалъулев Ш. Шахбандибировас, районазда гьоркьосев прокурорасул заместитель Г1. Г1алиевас, районалъул росабазул администрациязул бут1руз, хасаб рагъулаб операция т1обит1улел бак1алда г1ахьаллъи гьабулел ругел, заманаялъ отпускалда ругел районцояз.

Тадбиралда лъик1аб культурияб программа х1адур гьабун бук1ана районалъул культурияб отделалъул х1алт1ухъабаз, «Солнышко» ясли – ахалъул г1исичаз ва юноармейцаз. Гьенив к1алъазе вахъарав районалъул бет1ер М. Т1агьировас киназдаго баркана Ват1ан ц1унулезул сон ва гьениб жаниб бугеб бищунго к1вар ц1ик1к1араб байрамазул цояб — Россиялъул Бах1арзазул къо. Гьединго баркиялъул раг1аби абуна Республикаялъул идараялъул х1алт1ухъабаз.
Бах1арзал рак1алде щвезе ва гьезул х1урмат гьабиялъул мурадалда тадбиралда г1ахьаллъи гьабулез т1угьдул лъуна памятникалда цере ва г1уц1араб къаг1идаялда гьабуна цо минуталъулаб сих1къот1и.


