Сетевое издание «Зуберха.ру» | 30 января 2026
Интернет-издание

Х1айван  унти – хважаинасул  к1вар гьеч1олъи

Ахирияб заманаялъ г1адамазда гьоркьоб боц1и унтиялда сверун г1емераб бицен буго. Гьелъул ц1ех-рех гьабизе дун ана районалъул ветеринарияб управлениялъул специалистазухъе. Багъарараб унтуда, гьеб сах гьабиялда  ва районалда бугеб ах1вал-х1алалда сверун мух1канал баянал кьуна управлениялъул нухмалъулев Х1.Ильясовас.

Араб  соналъул  ахиралда  нижеца,  киса  кирего, боц1уда иргадулаб вакцина гьабизе ва биял рахъизе  лъазариял  т1орит1изарун   рук1ана- ян бицана гьес.  Мажгиталдасан,  социалиял  гьиназдасан  лъазабуниги  г1адамазул  рахъалдасан   жигарчилъи   бихьизабич1о, ай абуни,  нусгоялдаса  ц1ик1к1араб  х1айван  гурони  бач1инч1о  вакцинациялде.  Гьеб    ц1акъго  дагьаб  къадар  ккола нилъер бак1алъе.  Нижерго  х1алт1ухъабазул  жигарчилъиялдалъун,   фермабазде  ун,  рокъо – рокъоре  ун  г1емерго къадаралъ ц1ик1к1инабизе бажарана вакцинация гьаби.  Нижеца нижерго х1алт1и  гьоркьоб  къот1изе  толеб  гьеч1ониги,  г1емерисез  абулеб  бугоан  жидеда  лъач1ин  ва  раг1ич1ин  вакцина  гьабулеб  бук1ин- ян.    Цойги нухалъ, т1адруссун  лъазабиял    г1адамазда  рихьулел  бак1азда   седана, рузманалда  лъазабуна боц1и уколал гьаризе рачине ккеялъул.   Амма  кинго  г1адамазул  рач1ин  къадараб  буго.

Ниж  х1адурал  руго  рокъоре  инеги- ян, т1аде жубана Ильясовас.  Амма  гьенибги  зах1малъи  дандч1валеб  буго.  Кирго  гуро рокъор  кумекалъе  чи   ратулел   ругел.  Х1айван  кквезе  кканиги,  ветврачасе цойги кумек  х1ажалъаниги,  цо  чиниги  ч1езе  ккола  рокъор.  Кумек  бугони,  нижер  ветврачазе  ц1ик1к1ун къадар   х1айваназда  вакцина  гьабизе  рес  щола.

Къвариг1араб  буго  жалго  хважаинзабаз боц1ул милат гьабизе, боц1уда  хадуб  бербалагьи  мух1канаб гьабизе.   Заман  ккун  гьаризе  кколел  вакцинаби  гьари  т1алаб  гьабизе,  би  бахъизе  ва  цойги  т1алабал  т1уразе.

Гьабсаг1ат  боц1уда  гьоркьоб  т1обит1араб  унти  — вируснияб  диарея  буго.   Унти  антибиотиказ сах  гьабизеги к1ола. Нижер х1алт1ухъабаз гьабизе кколеб даруги   малъула.

Суал: Кинал  г1аламатал   рук1унел диареялъ унтараб х1айваналъул?

Жаваб: Унтараб  х1айваналъул байбихьула диарея (х1ажат лъамалъи) ва температура  42-ялде   бахуна. Гьединго   байбихьула тахикардия (х1алцай),  х1ухьел  ц1ай  хехлъула, маг1арзул къалазда г1ет1 бала. Жаниса к1алалда ва мац1алда  язваби  лъугьине  байбихьула.  Х1айваналъул  к1алдиб полоп бала ва маг1арзухъанги к1алдисанги   х1ац1у  чвахула.  Квандаса инкар гьабула, хехго х1алакълъизе байбихьула.  Беразул конъюктивит  байбихьула. Щанк1лазда гьоркьоб бак1алда рец1ц1 ккола. Хал  гьабизе  ккола  лимфаузлабазулги. Гьеб киналъего мух1канлъи гьабула ветеринарияв тохтурас.

Х1айваналъул къаркъалаялъул температура бахун бук1ин живго хважаинасдаги лъазе к1ола гьелъул ракьандасан лъар ккведал.

Лъазе кколеб буго, вирусалъул  инфекция  кутакалдасан хехго  бахунеб  унти  бук1ин. Гьеб бахине бегьула унтарал яги гьеб унтуца хварал х1айваназдасан. Гьединго, унти бахине рес буго кормадасан, унтараб х1айваналда цере лъурал алатаздасан ва гьаваялдасан. Гьединлъидал,   цодагьалниги  унтул  г1аламатал  т1атани,    х1айван  бат1а  т1амизе  ккола.  Гьукъараб  буго  гьелъул  кинабниги  продукция  квание  х1алт1изабизеги. Т1оцересел г1аламатал т1атаралго (х1ац1у чвахи) хехлъи гьабун лъазабизе ккола ветеринарияв тохтурасда.

Суал: Х1айваналъул унти ч1езабидал, сундасан байбихьизе кколеб гьеб сах гьабизе?

Жаваб: Унтул  байбихьудаго  цо  укол  гьабуни,  рес  буго  х1айван цо сордо-къоялда  жаниб  сахлъизе.  Гьеб  кваназе  байбихьула.  Амма  унти  биччан   тараб  бугони,  цойги  нухалъ  укол  гьабизе  ккола  гьоркьоб  сордо – къоги  ун.

Суал: ветеринариял тохтурзабаз кинаб дару гьабизе лъик1аблъун бихьизабулеб бугеб?

Жаваб: Унтараб  х1айваналда ччурбилъе гьабизе къуватаб ва  бищун  лъик1аблъун  бихьизабун  буго  Азитронит.  Гьебги босизе ккола х1айваналъул ч1агояб ц1айиялъул х1исабги гьабун (20кг -1 гр дарудул). Гьеб укол гьабураб х1айван бегьуларо хъвезе 40 къоялъ.

Яги бегьула гьабизе Нитокс. Гьеб дару  цодагьаб  х1алдагьаб  буго,  гьелъул  роцен гьабизе ккола   10  кг х1айваналъул  ч1агояб  ц1айиялъе -1 гр дарудул. Нитокс гьабураб х1айван хъвезе бегьуларо 28 къоялъ ва рахь бегьуларо х1алт1изабизе 7 къойидасан гурони.

       Суал: Щиб ц1уна-къуни гьабизе кколеб гьединал вирусалъул унтаби рагъарич1ого рук1инелъун?

Жаваб: Ящуралде  данде  вакцина  г1ужда  гьабун  бугони  гьаб  унтуцаги  унтизе  кколаро  боц1и.  Рук1ана,  укол  гьабун  хадуб  х1айван  унтанилан  абуралги.  Гьелъие  цо  г1илла   бук1ине  ккола.  Х1айваналъухъе  вирус чорхолъе ккун,   инкубационнияб  заманаялъул бут1аялде ккани вакцина гьабураб заман,   вакцинаялъ  унтул  чвахи  г1едег1изабизе  бегьула.

Лъаг1алида  жаниб  г1одобег1анаб  к1иго  нухалъ    боц1ул  халгьаби  гьабизе  т1алаб  гьабула  нижеца.  Ихдал  марталъул  байбихьуда,  цинги  хаслихъе  маг1ардаса  г1одобе  боц1и  бач1индал  гьарула  уколал,  бахъула  би.  Гьел  халгьабиял,  т1адеги,  бокьараб  заманаялъ  гьаризе  рач1ине  рес  буго нижехъе, х1ажалъи  ккани.

Гьабураб  хал  гьабиялъул  кьварараб  хъвай – хъваг1аялги  рук1уна управлениялда:  хважаинасул  ц1ар,  би  бахъараб,  укол  гьабураб  къо  ва  гь. ц.

Суал: Бугибищ  районалда   вакцинадул г1ураб къадар?

Жаваб: Гьеб  г1унги  т1ок1абцин  буго  нижер  управлениялда.  Гьари  буго  г1адамаздехун    боц1уда  гьаризе   кколел  уколал  гьаризе  рач1аян  ихдалги  хаслихъеги.

Унтараб  боц1уда  гьаризе  дараби  хважаинас  жинцаго  росизе  ккола.  Дару  босун  хадуб  нижеда  лъазабуни,    гьеб  гьабизеги  рач1уна  нижер  тохтурзаби.

Суал: Нужер х1алт1ухъабазул г1ураб къадар  бугищ?

Жаваб: Районалъул  щибаб  росулъ  к1игояздаса  г1одове  х1алт1ухъаби   гьеч1о:  цо  врач  ва  цо  фельдшер.

Мисалалъе: ч1ах1иял  росабалъ,  Хьаргаби – щуго  х1алт1ухъан,  К1ик1униб – 4,  Г1аймакиб – 3 х1алт1ухъан вуго.  Къо ккани, киналго  цоцае  кумекалъеги   рахъуна.

Суал: Жакъа  къоялде  кинаб  ах1вал –х1ал  бугеб   районалда?

Жаваб: Сверухълъиялда  унти  баккарабго  нижеца  ах1и  балеб  бук1ана жамаг1аталдехун,  амма  г1адамаз  г1емер  бербалагьи  гьабич1о. Аск1об районалъул  Къулец1ма,  Ух1ли росабалъ  г1емерлъун бук1ана унти. Нилъер гьаниб, абуни,  ц1ияб  соналъул  байрамкъоязда  х1алуцун  байбихьана  боц1и  унтизе. Абизе  ккола,    гьаб    багъарараб  унти  г1адамазде  бахунеб  унти  гурилан.  Амма  рак1  г1одобе  биччан  рук1инеги  бегьуларо.

Цинги Х1. Ильясовас бицана,  живго лъияв вахъун,    районалъул  бет1ер  М. Т1агьировасухъе  районалда  бугеб  ах1вал – х1алалъул  бицине  дандч1ваялде иналъул.  Главаяс  буюрухъ  кьуна  совещаниялда  цебе  суал  босизе  ва  гьелде  к1вар  кьезе.

Дица  абиларо жакъа къоялде районалда  ц1акъго  зах1матаб,  г1орхъодаса  араб  ах1вал – х1ал  бугилан.

Араб  соналъ  нилъер  район  унти  багъарич1ого  хут1ун  бук1ана,  гьебго  заманаялъ  сверухъ  районазда  унти  багъарун  бук1аниги.  Исана  унти  ц1ик1к1иналъе,  нижеца  рик1к1уна  г1ила  вакцина  г1ужда  гьабич1олъиялъул   последствияби  ругилан.  Вакциналъул  действие  бащдаб  лъаг1алие  г1ола.

Руго  цо – цо  вакцинаби    лъаг1алие  жидер  ц1уни   бугел.

Мисалалъе  сибирская  язваялде,  бруцелезалде  данде  вакцинаялъул  къуват  г1ола  лъаг1алие.

Баяналъе. Управлениялъул  х1алт1ул  къо  байбихьула  радал  9  ялдаса  бакъанида  саг1ат 16.00  т1убазег1ан.  Х1ухьбахъиялъул  заман  13.00 – 14.00  саг1ат.  Г1одор  къоял  суббота  ва  воскресенье. Амма, х1алт1уе  ч1езабураб  низамалъухъ  балагьич1ого,  ветуправлениялъул  специалистаз бокьараб заманаялъ къабул  гьарула  боц1ул  суалгун  рач1арал  чи.  Ах1ани рокъореги уна.

 Боц1и сезониял унтабаз унтизе биччай — хважаинасул к1вар гьеч1олъи ккола. Унтараб х1айван к1вар гьеч1ого тани, гьелдасан цойги боц1уде унти бахани —  цойгидал г1адамазда цебе такъсирчилъиги  ккола. Мац1 лъалареб х1айваналъул миллат гьаби – Аллагьасул рахъалъ кириги бук1ина.

Х.Шамсудинова

Теги: