Хьаргаби районалъул гуребги Дагъистаналъулго исламияб тарихалде гьоркьобе унеблъун ккана, гьаб соналъул Рамазан моц1 байбихьилалде Хьаргаби районалъул Х1асан Афандил ц1аралда бугеб мадрасалда аск1об, х1афизазул школалъул минаялъе кьуч1 лъей.
Исана соналъул сентябралде, 200 г1олилал жанир ц1ализе рес бугеб к1ит1алаяб школа бан лъуг1изабизе ч1ах1иял хьулалгун байбихьун буго к1удияб х1алт1и. Республикаялъул архитектораз ва специалистаз х1адурараб школа баялъул проекталда х1исабалде босун буго рук1инисел х1афизазе, Къуръан ц1ализе ва лъазабизе квербакъиялъе кколел киналниги шарт1ал ч1езаризе. Жанирго рук1ине руго классал, регизе рукъзал ва санузлаби.
Мекъи ккеларо, школа базе бак1алъул х1исаб гьабулаго, Аллагьасго киналниги рах1матал жанир хьараб Хьаргаби район т1аса бищиялъе г1илла якъинаб бук1анилан абуни. Гьелде т1адеги, кутакалдасан санаг1алъи бугеб, чанго районалде унеб нух жанисан кколеб Хьаргаби росу бищунго лъик1аб бак1лъун рик1к1ана т1ад ругел идарабаз.
«Балеб бугеб школалъул учредитель ккола Дагъистан республикаялъул Муфтият. Гьеб базе т1аде босарав спонсорги гьеч1о жакъа къоялде. Амма росдаеги, х1атта т1олабго Дагъистаналъеги баркат щвезе ниятгун гьабизе байбихьараб х1алт1и жамаг1атазул рахъалдасанги квербакъи бугеблъун бук1инилан хьул буго» ян бицана мадрасалъул нухмалъулев И.Инхух1ажиевас ва росдал дибир Г1.Г1умарх1ажиевас.
Ц1араб заманаялде школа бан лъуг1изе, х1алт1аби гьоркьоса къот1ич1ого гьаризе рак1алда буго. Рук1ина хасал махщел чаг1аз гьаризе кколел ва г1адатиял г1адамазухъа бажарулелги х1алт1аби. Гьабизе ирга щвараб х1алт1аби росабазул дибирзабаз баян гьаризе рак1алда буго. Гьединаб х1алт1уе кумекалъе рач1аразул жидеего абадияб рокъобе пайдаялъе батаги гьабураб квербагъари.
Къабул гьабилаан жамаг1аталъул г1арцул рахъалдасан кверч1вайги. Х1исаб гьабизе бигьалъиялъе, рик1к1ине буго, мисалалъе бетон т1ураб бак1алъул квадраталъухъ араб харж. Цо къадар х1алт1абазул т1аде босарав чиясе, сертификат кьезе рак1алда буго. Гьедин садакъа кьолев чияс жиндицаго х1исаб гьабизе бегьула жиндихъа т1аде босун бажарулеб х1алт1ул къадар.
Рач1арал г1арцазул ва ккарал харжазул кьварараб х1исаб – суал бук1ине буго. Ц1ех – рех гьабун щив вач1аниги , якъинаб хъвай-хъваг1ай цебе босулеб х1алалъ.
Балъгояб жо гуро, г1адатияб мина балаго г1адинал харжал гьанир ине рес гьеч1о. Гьадинал объектазул Госстандартазда рекъон разе ккани, харжал бат1иял рук1уна. Г1. Г1умарх1ажиевас т1адч1ей гьабун абуна, унго – унгоги садакъа щолеб бак1 бугилан гьаб, базе байбихьараб школа.
«Нияталда гьанибе кьуралъ ахираталда гьев чи вохула» ян т1аде жубана гьес.
Якъинаб жо буго гьанир ц1аланщинал х1афизал рахъине рес гьеч1еблъи. Аслияблъун гьаниб буго диналъул аслаби малъи.
Рак1алда бугеб х1алалъ, лъик1аб лъай кьолеб школа гьаниб бугони, гьелъул к1удияб даража бук1ине буго. Нилъ руго исламияб дин цебе ккураб пачалихъалда. Г1умруялда гьаниб щвараб лъай ц1акъ х1ажатаб бук1ине буго. Мисалалъе абуни, росдал мадрасалда диплом кодоб гьеч1ев чи х1алт1изе изну гьеч1о. Гьединлъидал х1афизазул школалда лъай щварал г1олилал специалистал х1исабалда ц1акъ х1ажатал руго.
Хадубги, мух1канлъи гьабуна школалда лъай кьеялъул ва цойгиги чара гьеч1ел шарт1азул. Х1афизазул школалде къабул гьарула 5 класс лъуг1арал г1умруялъул ригьалда ругел васал. Аслияб г1илла буго, лъимада бажарулеб бук1ин жиндаго хадуб хал кквезе, жиндиего рац1а – ракъалъи гьабизе, бак1 бак1аризе.
Х1афизазул школалда, т1оцебесеб иргаялда, светскияб лъай цебе ккола. Г1олилазе кьола г1адатияб школалъул программаялда рекъон лъай, цинги гьелда т1аде исламияб г1елму. Ц1алул ч1езабураб заман буго лъабго сон.
Аллагьас баракат лъеги, квербакъи гьабеги байбихьараб х1алт1уе. Гьениб квералъ, к1алалъ ва г1арцудалъун гьабураб г1ахьаллъи азариде бахине гьабун кирилъун хъваги киназего. Ц1алараб Къуръан, гьабураб лъик1аб г1амал – т1абиг1аталъул даража — кири киназего щваги.
Х.Шамсудинова.

