Сетевое издание «Зуберха.ру» | 7 августа 2026
Интернет-издание

Рек1ел  къвак1иялъищ  яги  рах1муялъищ?

Хасаб  рагъулаб  операция  байбихьаралдаса  г1олилазул  бах1арчилъиялъул  бицунел  баянал   г1емерал  щвана  Ват1аналде.  Хасго,   к1удияб  бут1а  гьениб  лъуна Дагъистаналъул  васаз. Дагъистаналъул тарихалда, бихьиназул рукь ккун зах1малъаби раччарал руччабазги хасаб бак1 ккола. Гьоркьоб хут1ич1о Украинаялда унеб бугеб хасаб рагъулаб операцияги.

2024  соналъул  февралалда,  Дагъистаналъул цойги  ясазда цадахъ, Хьаргабиса Саида Мух1амадовалъ  СВОялде  ине  контракт хъвана.

Кват1ич1ого,  гьелъул ва   жеги  лъабго  Дагъистаналдаса  ясалъеги контракт тастикъ гьабураб приказ бач1ана.  6  марталда  ясал  Волгоградалде  рагъулаб аскаралъул  часталде  рит1ана.  Саида  ккана  медицинаялъул  ротаялде  медсестра-  анестезистлъун.    Волгоградалда,    4  моц1ида  жаниб  полигоналда   куцана киналъего:  автоматалъ  реч1ч1иялъе,  т1оцебесеб  медицинаялъулаб кумек   гьабиялъе.   Тактическияб медицинаялъул киналъего куцана. 

Гьебго  соналъул  июлалда  Саидаца  хъулухъ  гьабулеб  полк  Луганскалъул  халкъияб    республикаялъул  бат1и – бат1иял    шагьаразде бит1ана. Саида  жигарлъиялда  х1алт1изе  ккана гьений.  Нахъкъач1ого кумек гьабулаан  передовоялда  зах1матго  лъукъарал рагъухъаби къабул гьариялъе ва медицинаялъул кумек гьабиялъе.  Чанги  сардал   рорч1изе  ккана  гьелъ,  х1ара  бергьараб  унтуца  зигардилел  ругел   рагъухъабазе  хъулухъ  гьабулаго.  50 – 60    зах1матго  лъукъарал  рагъухъабигун  цадахъ, т1аде  г1арада  баялдаса  ц1унун,

 чанго   сордо-къоялъ т1ат1алаго  подвалалда гьезие хъулухъ гьабизе  ккараб   заманги бук1ана гьелъул.

Заг1ипаб  черхалъул,  йихьизе  гьит1инаб  лъимерг1адинай  Саидал  унго – унгоги  бах1арчияб  рак1  буго. Гьелдаго  цадахъ  гьей  кутакалдасан  х1еренай,  х1алимай  медсестраги  йиго. Гьелъул жигарчиялъухъ, тирилъиялъухъ, медик х1исабалда бугеб рах1муялъухъ ва бажариялъухъ рагъухъабаз гуребги командованиялъги х1урмат гьабула Саидал.  Гьей, чанго нухалъ, командованиялъул рахъалдасан Баркалаялъул кагътазе мустах1икълъана.

Эбел – инсуда ясалъул кинабго  хабар  гуро  лъалеб бук1араб.  Гьезул  х1исабалда,  гьей  х1алт1улей  йик1ана  Волгоградалъул  госпиталалда.  Эбел  т1атана  яс зама- заманаялъ  бухьеналде  яч1унарого  йик1индал. Рокъосезул рак1азул рах1ат хвезабич1ого бук1инелъун Саидаца балъго гьабулеб бук1ана СВО ялде жание йит1улеб заман.

Гьебго соналъул августалда  Саида  рокъое  йиччана,  гьеб  заманаялъ  бицана  гьелъ  рокъосезда унго – унгоги  бугеб ах1вал- х1ал.

Саидал  эбел  Гулишатица  бицана  кинабниги  ясалъул  бугеб  ургъалида  гьоркьоса  бищун  рак1  разияб, жий  йохараблъун  бугин,  йигеб    бак1алда  к1алалги,  какалги  ясалъ толаролъиялдаса. 

СВОялде  Саида  иналда  г1емер г1ажаиблъи  гьабич1ин  жидецаян  бицана  гьелъул классцояца.  Школалда  гьей  рак1алда  ч1ана  г1ажаибго  жигарай,  г1адамал  рокьулей,  г1адамаздехун  рак1  рагьарай  яс  х1исабалда.  Гьелъул  хасияталъулъ гьит1инго  бук1ана  лебалаб  г1амал.  9  классги  лъуг1ун     медучилищеялда ц1алулаго,  цадахъго  кий  х1алт1унги  эбел – инсуде  ккеч1ого  харжалъе  г1амал  гьабулаан гьелъ.

Бокьараздехун рек1еде нух    батулей,  г1адамал, хасго ч1ах1иял  чи  рокьулей,  щиб  т1ад  къаниги  т1убазе бажари бугей, кумекалъе рак1 рагьун аск1ое щолей яс йик1анин школалда йигей заманалъго ян бицана Саидал классалъул нухмалъулей П.Саг1итовалъ. Саида ц1алулей йик1ана Хьаргаби №2 гьоркьохъеб школалда.  Кумек  гьабиялъул бицани,   Саида    зама – заманаялъ  гуманитарияб  кумекалда  хадуй    Дагъистаналде  яч1уней йиго. Гьелъ ах1и бан, госпиталалде    х1ажатал  медикаментал,  ругъун  бухьине  бинтал,  рагъухъабазе    хинаб  рет1ел  бак1арула ва т1адюссуда цадахъ босула жиндицаго хъулухъ гьабулеб часталде.

Яч1араб заман ц1ехон, гьей  ах1ула  бат1и – бат1иял  г1уц1иязде  г1олилазулгун  дандч1ваязде. Гьабсаг1аталъ Саида цадахъго полициялъул  школалдаги заочно  ц1алулей  йиго.

СВОялде Саида ах1араб цеехъаналъул хасиятал ругеб г1амалги, рах1муяб лебалаб рак1ги гьит1инго т1атараб бук1ана сверухъ ругезе.

Саидал  мисалалъ  бихьизабулеб  буго  бах1арчилъиялъе   ва  гьунаралъе  васазда  ва  ясазда гьоркьоб г1орхъи  гьеч1еблъи.

Хьаргаби  район  ч1ух1ула,  нилъер  гьединай  г1олилай  йик1иналдаса  ва  гьарула  гьелъие  щулияб  сахлъигун,  рагъулаб  хъулулхъги   т1убан  Ват1аналде хехго т1ад  юссин.

Х. Шамсудинова