23 марталда Хьаргаби №1 гьоркьохъеб школалда т1обит1ана «Зарница»- — рагъулабгун патриотикияб х1аялъул муниципалияб этап. Ц1алдохъабазда х1аял т1орит1и баркизе школалде рач1ун рук1ана районалъул бет1ерасул заместителал М. Мух1амадов, А. Маликов, республикаялъул Халкъияб Собраниялъул депутат Ж. Нажмудинов, районалъул лъайкьеялъул управлениялъул нухмалъулев С. Г1усманов, районалъул культураялъул отделалъул нухмалъулев М. Арбулиев, хасаб рагъулаб операциялъул г1ахьалчи Х1. Мух1амадов. Баркиялъул к1алъаяздаса хадуб х1урматияб къаг1идаялда Россиялъул ва Дагъистаналъул гимнги бачун борхана х1аял байбихьиялъул байрахъ. Гьелдаса хадуб байбихьана зарница х1ай. Гьениб лъималаз бихьизе гьабизе кколаан строялда рилълъин, граната рехи, автомат бихи, туманк1 реч1ч1и ва гь. ц.
Ц1алдохъаби рикьун рук1ана к1иго къокъаялде: г1исинал ва ч1ах1иял классал. Районалъул бет1ерасул заместитель А. Маликовас жиндирго рахъалдасан бергьенлъи босаразе ва призалъулал бак1алде рач1аразе бихьизе гьабун бук1ана г1арцулал сайгъаталги.
Х1алуцарал х1аязул х1асилазда ч1ах1иязда гьоркьоб: т1оцебесеб бак1 ккуна – К1ик1униб гьоркьохъеб школалъул командаялъ, к1иабилеб Хьаргаби №2 ва лъабабилеб бак1 – Хьаргаби №1 гьоркьохъеб школазул командабаз. Г1исиназда гьоркьоб: т1оцебесеб бак1 – Хьаргаби №2 школалъул, к1иабилеб бак1 – Г1аймакиб гьоркьохъеб школалъул ва лъабабилеб бак1 – Хьаргаби №1 гьоркьохъеб школалъул командабаз. Призалъулал бак1ал ккурал командабазе кьуна кубокал, медалал ва г1арцулал сайгъатал.

