Тарбияч1ужу ккола лъималазда сверухъ бугеб дунял лъазе, бихьизе, пикру гьабизе, бич1ч1изе, гьел церет1ураллъун, лъай бугеллъун лъугьине кумек гьабулей муг1алим. Киг1ан лъик1 гьелъ гьеб гьабулеб батаниги, гьедиг1ан лъик1 бич1ч1ула лъимада сверухъ бугеб дунял, т1абиг1аталъул берцинлъи ва гьелъул х1икмалъи, бат1а бахъизе лъала лъик1абги квешабги. Лъималазда гьеб ц1акъго лъик1 бич1ч1ула г1адатияб къаг1идаялда, г1умруялда дандч1валеб х1исабалда малъизе лъалеб бугони.
24 марталда Хьаргаби «Солнышко» ясли-ахалда т1обит1ана «Лъаг1алил тарбияч1ужу — 2026» конкурс. Гьелъул мурадлъун бук1ана творческияб гьунар бугел загьир гьари, цебе т1ураб педагогияб х1албихьи цоцазухъе кьей, педагогазул х1алт1уде рокьи бижизаби.
Конкурсалда г1ахьаллъана Мух1амадова Мадина Багьавудиновна, Хьаргаби «Солнышко» ясли-ахалъул тарбия ч1ужу; Мух1амадова Саида Набигулаевна, К1ик1униб «Ромашка» ясли-ахалъул тарбияч1ужу; Г1абдулх1амидова Пат1имат Мух1амадовна, К1ик1униб «Улыбка» ясли-ахалъул тарбияч1ужу.
Дарсал рачунаго щияй тарбияч1ужуялъ бихьизабуна гьанжесел ц1иял т1алабазда рекъон лъималазулгун гьоркьоблъи батизе, ц1ияб дунялалде гьел лъугьинаризе жидерго бугеб махщел.
Киналго тарбиячаг1азул дарсал г1уц1иялъухъ, гьез х1алт1изарулел гьанжесел педагогиял ц1иял къаг1идабазухъ балагьидал, дарсал рачунелъул цебе лъураб масъала т1убазабизе к1веялъухъ балагьун, жюриялъ т1оцебесеб бак1алъе мустах1икъайлъун рик1к1ана Мух1амадова Мадина Багьавудиновна Хьаргаби «Солнышко» ясли-ахалъул тарбияч1ужу, Мух1амадова Саида Набигулаевна К1ик1униб «Ромашка» ясли-ахалъул ва Г1абдулх1амидова Пат1имат Мух1амадовна К1ик1униб «Улыбка» ясли-ахалъул тарбиячаг1азе кьуна призеразул дипломал.
Конкурсалда бергьенлъи босарай Мух1амадова Мадина Багьавудиновна г1ахьаллъизе йиго республикаялъулаб «Лъаг1алил тарбияч1ужу-2026» конкурсалда. Нух бит1аги, Мадина Багьавудиновна. Нижер мурад буго гьенисаги бергьенлъигун мун т1ад юссин.
Районалъул лъай кьеялъул управлениялъул специалистаз, конкурсалъул г1ахьалчаг1аз рак1-рак1алъул баркала загьир гьабулеб буго Хьаргаби «Солнышко» ясли-ахалъул коллективалъе ва хасго заведующая Мух1амадова Пат1иматие конкурс т1обит1изе х1ажатабщинаб ч1езабуралъухъ, киналго шарт1ал г1уц1аралъухъ, гьабураб гьоболлъиялъухъ, рак1 разияб х1алт1иялъухъ.
