Ахихъабазул росу – ракь х1исабалда, ахал г1езариялъе х1алт1аби т1убараб соналъго унел рук1уна Хьаргаби. Ц1акъго х1алуцарал х1алт1абазул ихдалил заман т1аде щвана исанаги. Рак1алде ккола щибаб соналъ цого ургъелалги, цого зах1малъабиги дандч1валин нилъер зах1матчаг1азда- ян. Беричаб ах г1езабизе ккани бищунго х1ажатаблъун ккола гьарзаго бугеб лъим. Хаселалъ х1адурлъаби гьаруниги, ихдал циндаго т1аде рач1арал т1абиг1иял зах1малъаби ругониги, яги техникаялъул рахъалъ квег1енлъи ккун бугониги, х1алт1и цебе т1езе толарого бугеб заман г1емераб бук1уна. К1иго к1удияб г1ор росулъа бехе чвахулеб бугониги кидаго лъуг1ич1о хурзал лъалъаялъулъ зах1малъабиги. Живго ахихъан вортанхъич1они цох1о росдал администрациялдасан гьабулеб х1алт1и г1ун ч1ани, нилъер маг1ишаталъул цебет1ейги бук1ине рес гьеч1о.
Цебесеб г1одоб къоялъ росдал г1олохъабазул цо къокъа къват1ибе бахъана лъик1аб пайдаяб х1алт1и гьабизе ниятгун. Гьезул аслияб мурад бук1ана хъациялъул кьода бугеб лъим кьабулеб насос х1алт1изе биччазег1ан рахъал къач1азе г1амал гьаби. Къват1ире рахъарал г1олохъабаз 400 метралъул манзилалда рахъ бахъана, лъим бачиналъе шарт1ал гьаруна. Рак1алда буго хъациялъул кьода бугеб насос х1алт1изабизе ва гьелда х1алт1изе вуго Жанайил Ах1мадил вас Шамиль. Росдал администрациялъул х1алт1ухъабаз насос х1алт1изеги биччан, ругел шарт1азул ва ресазулгун лъай- хъвайги гьабун, г1олохъабазухъе ихтиярал кьуна. Хъациялъул кьода насосалдасан лъим хурибе бачунелщинал чиязде рахъал рахъизе къват1ире рахъаян ах1и бан бук1ана.
Къот1и гьабуна рахъал рахъизе рач1арал г1олохъабазе лъим кьезе т1оцебесеб иргаялда. Рач1ине рес ккеч1езухъа, яги х1алт1и гьабизе к1оларезухъа лъим бачине рач1ингин т1адеги 1000 гъурущ мухьги босизе. Гьеб бит1араб бугизеги буго. Рахъал жеги рахъун лъуг1ич1о. Жеги буго к1удияб къадар х1алт1ул. Церехъабаз байбихьун бугеблъидал нахърилълъине бажаризе ккела хут1араздаги. Нилъер г1олохъабазда гьабизе рак1алда бугеб х1алт1и раг1алде бахъинабизе квербакъи гьабеги. Лъеца хьезареги хур-ах ва баркатаб маг1ишат данде билълъаги киназдаго.
Х.Шамсудинова.