Хирияб Рамазан моц1алъ Хьаргаби районалъул Курми росулъ, районалъул имам Тажудин Г1абдулаевасул жигарчилъиялда гъоркь, ц1алдохъабазда гьоркьор Къуръан ц1алиялъе къецал т1орит1ана. Къецал хурхинарун рук1ана Курмиб росулъа Мух1амад Гьит1инов рак1алде щвеялъул х1урматалда. Къецал т1орит1иялъе жавабиявлъун вихьизавун вук1ана Курмиб росдал дибир Ах1мад. Гьенире г1ахьаллъи гьабизе ах1ун рук1ана 16 сонил г1ужде щвезег1ан васалгун ясал. Гьезда гьоркьор къецалги т1орит1ана бат1а – бат1а.
Программаялда рекъон чвахун ц1ализе бихьизабун бук1ана Къуръаналъул к1иго ахирисеб джуз ва рек1ехъе ц1ализе х1ивз Азуха сураялдаса Ан – насс сураялде щвезег1ан (с 93-04).
Къецазда г1ахьаллъизе рес бук1ана Хьаргаби районалда г1умру гьабулел ругел лъималазе. Г1ахьаллъизе изну бук1инч1о исламиял ц1алул г1уц1ияздаса мутаг1илзабазе.
Г1ахьаллъизе бокьаразул сиях1ал росдал дибирзабаз г1уц1улел рук1ана. Киналниги 147 лъимаца г1ахьаллъиги гьабуна гьениб.
Шапакъатазул фондалъе 100 азарго гъурущ г1арцул бихьизабун бук1ана. Къецазул аслияв спонсорлъун вук1ана стоматолог Мух1аммадрасул (гьесул к1удияв инсул ц1аралда г1уц1ун рук1ана гьел къецал). Дагъистаналда т1орит1улел гьединал къецазда къимат кьезе г1уц1араб х1ивс централдаса хасаб жюриялъ, къецазул х1асилазда Къуръан ц1алиялъе анц1го пагьму-гьунар ц1ик1к1араб лъимер т1аса бищана.
Васазда гьоркьор:
- Мух1амадов Ибрагьим (К1ик1униб)
- Мух1амадов Халид (Къудукь)
- Г1абдурах1манов Саг1идмух1амад (К1ик1униб)
- Г1алиев Х1усейн (Маг1либ)
- Мух1амадов Саг1идафанди (К1ик1униб)
Ясазда гьоркьор:
- Г1абасова Г1айшат (К1ик1униб)
- Г1усманова Г1айшат (К1ик1униб)
- Маликова Аминат (Г1аймакиб)
- Къурбанова Каримат (К1ик1униб)
- Х1ажимух1амадова Асият (К1ик1униб).
Бергьенлъи босаразе щвана грамотаби ва шапакъатал. Пагьму- гьунар ц1ик1к1аги ва къуват кьеги киназего дин- исламалъул нухда рилъине.