Сетевое издание «Зуберха.ру» | 24 августа 2026
Интернет-издание

Районалъул делегация Москваялда

Москваялда  20 – 22  апрелалда, «Россия»  миллияб  централда  ВАРМСУялъ,  Россиялъул  Президентасул  Администрациялъул  квербакъиялдалъун  т1обит1ана  «Малая  Родина – Сила  России»  абураб  III Т1олгороссиялъул  муниципалияб  форум. Форумалда  г1ахьаллъи  гьабуна Россиялъул муниципалиял сообществояздаса  7   азаргог1ан  ва   къват1иса   х1укуматазул    администрацияздаса  60  ялдаса  ц1ик1ун  вакилзабаз. Форумалъул бук1араб к1вар  бихьизабуна  Россиялъул  Президент В. Путин гьелъул  г1ахьалчаг1азде дандч1ваялде  вач1иналдалъун.

     Хьаргаби  районалъул  рахъалдасан форумалде вакил гьарун рук1ана районалъул бет1ер  М. Т1агьиров,   Хъвартихьуниб  росдал  бет1ер  Х1. Мух1амадов  ва  Могьохъ  росдал  бет1ер  Д. Исмаг1илов.

Форум т1обит1иялъул аслияб  масъалалъун бук1ана т1олго Россиялъул муниципалиял   г1уц1иял  церет1езаризе х1алт1и гьаби.   Гьениб администрациязул  рес  бук1ана  бат1и – бат1иял  сферабазда  гьоркьоблъи  щула  гьабизе,  х1алт1ул х1албихьиял  дандразе ва гьеб цоцада гьоркьоб  бикьизе.  Х1алт1улел  рук1ана  анц1 – анц1 х1алт1улал  площадкаби. Гьениб  рес  бук1ана коллегабазул   т1аса  рищарал лъик1ал  х1албихьиял дандекквезе,  пайдаял х1укмаби  ралагьизе  ва  г1умруялде    рахъинаризе  ресал  ц1ик1к1инаризе. Кинабго  х1алт1ул  г1аммаб  масъалалъун  бук1ана  Россиялъул  муниципалитетазда  г1адамазе  г1умру  гьабизе  шарт1ал  церет1езари,  муниципалитетал  ц1ияб  борхалъуде    рахинари.

      Форумалъул программаялда  рекъон  х1исабалда  бук1ана  пленарниял  заседаниял,  тематическиял  сессияби,  гургинал  столал  ва  мастер – классал  т1орит1изе. 

Форум  т1обит1улеб  лъабго  къойида  жанир  гьабуна   регионалияб  къо, т1олгороссиялъул  муниципалияб  «Служение» абураб  премиялъе  мустах1икъазе  шапакъатал  кьей  ва  халкъазул культурабазул   «Ват1аналъул  рак1»  абураб  фестиваль т1обит1и. 

«Служение» муниципалияб премиялъул баян гьабуни,  нилъер  ракьцояв, Лаваша  районалъул  администрациялъул  бет1ерасул      I заместитель  Г1абдусалам  Дибировасул  «Лаваша  ракьазул  халкъазул  гьудуллъи»  абураб  проект мустах1икълъана  2 бак1алъе.    Абизе  ккола,  гьеб  проекталъе  гьаракь  кьун  бук1ана  нилъер  районалъул  г1уц1иязул  х1алт1ухъабазги,  хасго  лъайкьеялъул  г1уц1иязда бихьизабуна  жигарчилъи.

Проекталъул  бицани,  Лавашаб  г1уц1ун    буго  бат1и – бат1иял  тунка – х1унсиязе  профилактика гьабиялъе т1убараб  система: ч1ах1иязул  совет,  даг1ба – раг1иялъул  суалазда  хадур  халкколел  ва гьел  т1уразарулел медиаторазул  сеть.  Рагьун  руго   мастерскаял  ва  библиотекаби  жанир  ругел халкъалъул  гьудуллъиялъул  рукъзал,  г1умруялде  рахъинарулел  руго  цадахъал  кооперативал  ва  лъай  кьеялъул  программаби.  Киналъулго  х1асилалда,  гьениб  бажарулеб  буго  бат1и-бат1иял миллатазда гьоркьор тунка-х1унсиял   риччангут1изе  ва  бат1и- бат1иял миллатазул халкъалда гьоркьор гьарулел  тадбиразда  г1адамазул  г1ахьаллъи  ц1ик1к1инабизе.

Ахиралдаги,  форумалъул  программаялда рекъон   т1обит1араб  культурабазул  фестивалалда бихьизабуна нилъер, миллатал г1емераб Россиялъул халкъазул культураялъул бечелъи  ва халкъазул цолъи.

Хьул  буго, нилъер  районалъул  делегация  районалъе  пайдаял  харбалгун  рач1инин  т1ад  руссун — ян.