
26 маялда т1олабго районалъул гьоркьохъеб лъайкьеялъул г1уц1иязда т1орит1ана, школа лъуг1улел лъималаз г1умруялъул ц1ияб борхалъиялде гали бегьулеб, «Ахирияб ц1умур» кьабиялъул байрамал.

Районалъул 10 гьоркьохъеб школаздаса, г1аммаб къаг1идаялъ, исана къват1ире риччалел руго 11 классалъул 41 ц1алдохъан: Г1аймаки гьоркьохъеб школалдаса — 18, Хьаргаби №1 школа -7, Хьаргаби №2 школа – 5, К1ик1уни школа -5, Къудукь -2, Хъартихьуни школалдаса – 4 ц1алдохъан.
Гьездаго цадахъ «Ахирияб ц1умур» кьабиялъул байрам г1ахьал гьабуна 228-го 9 классалъул ц1алдохъабазги. Ахириял соназул бихьизабиялда рекъон 9 класс лъуг1ун ц1ализе унел ц1алдохъабазул къадар ц1ик1к1унеб буго. Гьединлъидал, 11-леб класс лъуг1ун унел ц1алдохъаби дагьлъулелги руго.
Байрамалда г1ахьаллъи гьабула щибаб школалде вакил гьарулел районалъул администрациялъул х1алт1ухъабаз, Гьез жидерго рахъалдасан ва районалъул бет1ерасул рахъалдасан баркула выпускниказда к1вар бугеб г1умруялъул этап. Аслияб къаг1идаялъ, т1аде рач1арал гьалбадерица, школалъул администрацияз, уммумузул комитеталъул г1ахьалчаг1аз ц1алдохъабазде гьарулеб бук1уна цере ругел экзаменал бажариялда кьезе к1вай, г1умруялъул нух бит1и, школа, росу — ракь ва район ч1ух1араллъун гьел рахъине ч1ах1иязул бугеб мурад. Якъинаб буго, байрамалда бищунго ц1ик1к1ун бербалагьи 11-леб классалъул ц1алдохъабазе щолеблъи.
Байрамалъул сценариял киналго школазда релъун аниги, жиб – жиб школалда гьелъул лах1затал рек1ее бат1и – бат1ияллъун рук1уна.
Хьаргаби №2 гьоркьохъеб школалда цебесеб къоялъго байбихьана, байбихьул школа лъуг1улел 4 классазул, цинги 9-лел ва 11-леб классазул выпусказул жиде – жидер къач1арал фотозонабаздаса байбихьун т1олабго сверухълъи берцин гьабизе. Радал школалъул азбаралде рак1арарал лъималазулги умумузулги, учительзабазулги рак1алдещвеялъе цадахъал суратал рахъизе гъира балеб х1алалъ. Школалъул линейкаялда киналго ц1алдохъаби ва т1аде рач1арал умумул ч1ун хадур, х1урматияб горсвери гьабизе цере ах1ана 4-лел, 9-лел ва 11-леб классалъул ц1алдохъаби. Цере-цере классалъул нухмалъулелгун, цогояб формаялъул рет1а-къайгун, выпускниказул лентабиги рухьун азбар сверун, жидерго бихьизаб хасаб бак1алда ч1ола. Цинги линейкаялде цере росула Россиялъул ва Дагъистаналъул байрахъал ва школалъул символическияб к1ул. Гьел цере росизе ва борхатго ккун ц1униялъе гьаялъул раг1абиги абун цоцахъе кьезе т1адкъала 10 – 11 классалъул бищунго лъик1ал, мисалиял ц1алдохъабазда.
Лъималазеги гьезул улбузеги рек1ее рохел кьолел, т1олабго ц1алул сонил х1асилал дандеросиялъул лах1заталъухъ ралагьун ч1ун рук1уна киналго.
Ц1алулъ, спорталулъ ва цойги бат1и – бат1иял къецазулъ церет1еял ругел лъималазе шапакъатал рикьула. Районалъул лъай кьеялъул управлениялдаса байрамалде ах1арав методист Т1.Муч1иевас т1адч1ей гьабуна, гьаб араб ц1алул соналда Хьаргаби №2 гьоркьохъеб школалъул церет1еял ва х1асилал г1емерал рук1иналда.
Хадубги, кьурди — кеч1алъ ц1алдохъабазул церерахъиназ байрамалъул ах1вал – х1ал берцин гьабуна.
Лъуг1ана цойги ц1алул сон ва лъималазе роххеллъун кколел риидалил х1ухьбахъиялъул каникулазде риччана ц1алдохъаби. Г1иц1го, 9-лел ва 11-лел классазул ц1алдохъабазул, гьезул умумузул ва учительзабазул рах1ат хвараб заманалде байбихьана гьанже. Киназго гьарула гьезие экзаменазда бит1ккей ва г1умруялда талих1.



