Сетевое издание «Зуберха.ру» | 27 июля 2026
Интернет-издание

Мустах1икъал  шапакъатал

Дагьал  церег1ан  къоязда  нилъер  районалъул  к1игоял  мустах1икълъана  республикаялъул  бат1и – бат1иял  г1уц1абазул  шапакъатазе.  Гьедин  районалъул  култураялъул  управлениялъул   нухмалъулев   М. Арбулиев  мустах1икълъана  Републикаялъул  Халкъияб  Собраниялъул  культураялъул,  г1олилазул,  спорталъул  ва  туризмалъул  комитеталъул  баркалаялъул  кагъаталъе.  Мух1амад  гьелъие  мустах1икълъана  районалъул  культура  ва спорт  цебет1еялъе  г1оло  гьабураб  мустах1икъаб  х1алт1уе.

Гьединго  Арбулиевасе   щвана  Россиялъул  жанисел  ишазул    министерствоялъул  информациялъул  технологиязул  ва  бухьеналъул   Департаменталъул  рахъалдасан  Баркалаялъул  кагъат.  Гьеб  Мух1амадие  кьуна  Россиялъул  Федерациялъул  жанисел  ишазул    министерствоялъул  авиациялъул  х1алт1ухъабазул  сборазда  «Хьаргаби»  кьурдул  ансамблялъул  профессионалияб  церерахъиналъухъ.

Гьеб  буго  районалъул  культураялъул  нухмалъулезул  ва  «Хьаргаби»  кьурдул  ансамблялъул  рахъалъ  республикаялда  ва  федералияб  даражаялда   лъолеб  бугеб  бут1а.

                       Гьал  къоязда  районалъул  администрациялъул  финансазул  отделениялъул   нухмалъулев  Г1усманов  Рамазан  мустах1икълъана  Республикаялъул  Халкъияб  Собраниялъул  экономикаялъул  комитеталъул  Баркалаялъул  кагъаталъе.  Гьелъие  Рамазан  мустах1икълъана  профессионалияб  х1алт1уе  ва  социалиябгун  экономикияб  цебет1еялъе  г1оло  гьабураб  х1алт1ухъ.

Гьел  шапакъатал  х1урматияб  къаг1идаялда  кьуна  районалъул  бет1ер  М. Т1агьирвас.

Теги: