Зах1матго лъукъарал СВОялъул г1ахьалчаг1азе сайгъат гьаризе рихьизе гьарун руго хасал, квералъ х1алт1изе гьарулел автомашинаби.
Гьелъул жавабияллъун ккола «Ват1ан ц1унулел» абураб пачалихъалъулаб фонд. Фондалъ, жегиги, кумек гьабула ветераназул хъизамазеги.
Фондалъул регионалияб филиалалъ, ахирисеб нухалда гьаб соналъул 5- 6 июналда хасал машинаби кьуна лъабго дагъистаниясеги.
Лъабго СВОялъул г1ахьалчи автомашинабазул бет1ергьанлъун вахъинавуна Мах1ачхъалаялда «Россия – дир тарих», тарихияб паркалда.
Гьезул цояб машина сайгъат гьабуна нилъер ракьцояв, К1ик1униб росулъа СВОялъул г1ахьалчи, лейтенант М. Гьит1иновасе. СВО ялда рагъулаб хъулухъ т1убалаго, Мух1амад к1иго нухалда зах1матго лъукъана. 2023 соналъ к1иябго бохалдаса ват1алъана гьев. Аллагьасул х1алк1олъиялдалъун ч1аго хут1ана. Амма рагъулаб хъулухъ тезе к1веч1о. Реабилитациялдаса хадув инструкторлъун х1алт1ана. Мух1амадил рагъулаб ах1улеб ц1ар «Цезарь» бук1ун буго. Гьес абулеб буго СВОялде жив т1ад вуссанин, жиндир бугеб рагъулаб х1албихьи цойгидазухъе кьезе мурад бук1иналъ. Жиндица риччарал гъалат1ал цойгидаз риччангут1иялъе х1алт1ул х1албихьи бикьизе бокьун бук1иналъ. Цадахъго Мух1амадица бачунеб буго рагъухъабазе гуманитарияб кумек щвеялъе х1алт1иги.
М. Гьит1инов мустах1икълъана: орден «Мужества» ва «За отвагу», «За проявление мужества» абурал медалазе. М. Гьит1инов хъвана «СВОялда нилъер заманаялъул бах1арзал» проекталде. Гьединго Мух1амад ккола Кавказалъул ва Дагъистаналъул бах1арчи.
Балагьаздаса ц1унун бачине хъван батаги Аллагьас сайгъаталъе кьураб автомашина.