
Риидалил х1ухьбахъиялъул каникулазда школалдаго лъималазул лагерь гьабулеб х1албихьи г1емерал соназ гъоркьго тун бук1ана.
Исана, лъайкьеялъул ва г1елмуялъул министерствоялъул т1алабазда рекъон, Хьаргаби районалъул лъайкьеялъул управлениялъ Хьаргаби №2 гьоркьохъеб школа бихьизабуна риидалил х1ухьбахъиялъул къад къоялъул лъимал рук1унеб лагерь гьабиялъе.
Муниципалияб межведомственияб комиссиялъ кваналеб бак1алъул, спортивияб зонаялъул, х1инкъи гьеч1олъиялъул рахъазул киналниги халгьабиял ва т1алабал т1уразарун хадуб, лагералъул т1оцебесеб смена рагьана 8 июналъ. Гьеб бук1ине буго 21 къоялъ халатбахъараб. Т1оцебесеб сменаялда руго 20- ялде г1агарун 2 – 7 классазул лъимал. Радалалдаса бакъаниде щвезег1ан лъималгун цадахъ йик1уна хасай учительница. Гьелъ лъималазда гьоркьор гьарула бат1и – бат1иял х1аял, викторинаби, къват1ире рачун экскурсияби ва гь. ц.
Лъималазе лъабго бат1и – бат1ияб заманалда кваназе х1адурула т1аг1амаб квен.
Хьаргаби №2 гьоркьохъеб школалда руго 400 — г1ан лъимер. Рак1алде ккола, лъимал лагералде рит1изе къасд ккарал умумул г1емерал рук1инаанилан. Рихьизарурал ресазда рекъон цо группа гьабизе гурони к1олеб гьеч1о. Т1оцебесеб иргаялда, лъимал лагералде рит1изе г1арза хъвазе рес бук1уна СВОялъул г1ахьалчаг1азул лъималазе, рес гьеч1ел хъизамаздаса лъималазе ва хъизан к1удияб бак1алдаса лъималазе.
Хасго, г1исинал классазул ц1алдохъаби рокъор теялъул къо бух1и бук1уна умумузул, жалго х1алт1уда къват1ире рахъагин.
Гьаб х1албихьи г1умруялде г1ат1идго бахъинабизе ресал ва шарт1ал министерствоялъ ч1езе гьаруни лъик1аб бук1инаан.
