Гьаб соналъул 12 – 14 июналда Чачаназул республикаялда Грозный шагьаралда т1обит1ана «Халкъазул цолъи ва гьудуллъи» абураб т1олгодунялалъул халкъазда гьоркьосеб г1емержанразулаб фестиваль. Тадбир т1обит1ана «Вайнах» концертазул залалда. К1удияб тадбир т1обит1иялъул аслияб масъала бук1ана Россиялъул республикабазда ва шагьаразда гьоркьоб маданияталъул бухьен щула гьаби, цересел г1адатал гьанже замангун рухьинарун т1обит1улеб х1алт1ул х1албихьи бикьи ва цадахъал творческиял проектал гьари.

Фестивалалда г1ахьаллъана Россиялъул регионаздаса ва къват1иса х1укуматаздаса хореографическиялгун фольклорниял 82 коллектив.
Г1ахьалчаг1аз жидерго махщел бихьизабизе рес бук1ана кьурди гьабиялъул 8 номинациялда, вокалалъул щуго номинациялда, художественияб раг1и абун 4 номинациялда ва инструментазда бакъан бачиналъул 5 номинациялда. Фестивалалда г1ахьаллъи гьабизе рес кьолеб бук1ана анлъго сон баралдаса т1аде ригьалъул г1ужалъул махщелчаг1азе.
Фестивалалда, къецазул х1асилалда, рес бук1ана щибаб номинациялда гуребги, щибаб г1умруялъул ригьалда рекъонги призовоял бак1ал щвезе. Гьелде т1адеги, церерахъиналъул г1аммаб х1асилалда рекъон кьезе бихьизабун бук1ана Гран-При 100 азарго гъурущ г1арцулаб шапакъаталъул. Цебеккунго фестивалалъул г1уц1арухъабаз абухъе, Гран При бикьизе рес бук1ана чанго номинациялдаги.
Фестивалалда г1ахьаллъи гьабуна Хьаргаби районалъул халкъияб хореографическияб ансамблялъ. Гьез бихьизабуна искусствоялъул мустах1икъав х1аракатчи Г1али Мух1амадг1алиевас лъураб «Роржунел ц1умал» кьурди ва цойги номинациялда «Хьергебдирил» кьурди. Церерахъиназул х1асилалда «Хьаргаби» ансамблялъе миллияб кьурди бихьизабиялъул ва хореографиялъул номинациязда т1оцересел бак1ал щвана. Гьединго, баркалаялъул кагъат кьун бищунго лъик1ав преподователь абун рехсана ансамблялъул художественияв руководителасул ишал т1уралев М.Х1амзатов. Коллектив мустах1икълъана фестивалялъул Гран Приялъе ва киназего г1ахьаллъаралъухъ баркалаялъул кагътал кьуна.
Фестивалалъул г1уц1арухъабаз, церерахъиназул программаялда цадахъго, х1исабалде босун бук1ана рач1арал г1ахьалчаг1азе Грозный шагьаралда жаниб лъелаб экскурсия т1обит1изе.
Нилъер кьурдухъабаз цойги нухалъ, районалъул ц1ар къват1иб раг1изабураб, кьурдиялъ махщалил ч1ел босана.
Х.Шамсудинова.
