Хьаргаби райцентралда бугеб грепплингалъул секциялде хьвадулел группаялда куцулел руго г1емерал гьит1инаб ц1айиялъул спортсменал. Куциялъул ва щвараб махщелалъе къимат кьезе ккани, тренерасе ц1акъ бокьула республикаялъул шагьаразда т1орит1улел турниразде гьел рачине. Гьебго мурад кидаго бук1уна лъималазулги ва лъималазул умумузулги.
Гьедин гьал къоязда Мах1ачхъала шагьаралда т1обит1ана грепплингалъул Республикаялъул турнир. Гьеб турниралда г1ахьаллъана Хьаргаби Gergebil_grappling_club командаялъул спортсменал.
Къецазул данч1ваял киг1ан зах1матал рук1аниги спортсменаз бергьенлъаби росана. Цодагьабго х1албихьи бугезда цадахъ гьанжего-гьанже цере рахъаразги бихьизабуна лъик1аб махщел ва гьунар бергьенлъаби росизе гьезулъ бук1ин.
Дандч1ваязул х1асилал ккана: 9 меседил медал, 4 – г1арцул, 2- мазгарул медалги.
Турниралъул чемпионал : Мух1амадрасулов Мух1аммад, Къурах1маев Шамиль, Мух1амадшарипов Мух1амадшарип, Мух1амадов Х1амзат, Х1амзатов Эльдар, Мух1амадов Мух1аммад, Нурудинов Халид, Исрапилов Х1амзат, Мух1амадов Багьавудин.
Г1арцул медалалъул призерал: Мух1амадов Шамиль, Айтемиров Г1абдурах1ман, Ибрагьимов Мух1амадшарип, Абакаров Х1амзат.
Мазгарул медалалъул призерал: Хуршилов Микаил, Мух1амадов Х1амзат.
Бергьаразе кьуна медалал, кубокал ва футболкаби, гьел щварал шапакъатаздаса рази хут1ана.
Баркула г1исинал спортсменазда росарал бергьенлъаби. Къуват ва сахлъи кьеги нилъер спортсменазе жеги т1адег1анал бергьенлъабазул х1асилал росун нилъ рохизе гьаризе.
