Сетевое издание «Зуберха.ру» | 31 июля 2026
Интернет-издание

Мустах1икъаб  шапакъат

1

2024  соналдаса  нахъе  нилъер  районалъул  Хъвартихьуниб  росулъа  Х1усен  Х1ажиг1алиев  вуго  хасаб  рагъулаб  операция  т1обит1улеб  бак1алда.  Гьев  гьениве  ана  жиндиего  бокьун.  Гьел  соназда  гьев  лъукъана  ункъго  нухалда.  Амма  кидаго  т1ад  вуссана  жиндирго  рагъулал  гьалмагъзабазухъе.  Белогоровка  эркен  гьабуралъухъ  Х1усение  кьуна  Георгий  Жуковасул   медаль.  Гьеб гьесул  т1оцебесеб  шапакъат  гуро.  Бихьизе  гьабураб  бихьинчилъиялъе,  бах1арчилъиялъе,  Ват1аналдехун  бугеб  рокьиялъе  г1оло  росуцоял,  районцоял  ч1ух1арал  руго  дудаса.  Гьарула  дуе  сахлъи,  ц1и – ц1иял  бергьенлъаби  ва  сах – саламатго  хъизаналде  нахъ  вуссин.