
Гьал къоязда районалъул администрациялда районалъул бет1ер М. Т1агьировас х1урматияб къаг1идаялда гьаб соналда т1ок1лъигун 9 – 11 классал лъуг1изе гьарурал ц1алдохъабазе меседил ва г1арцулал медалал ва т1ок1лъигун школа лъуг1изабиялъул аттестатал кьуна. Гьаниб рехсей гьабич1ого г1оларо Къудукь росдал тарихалда т1оцебе меседил медалалъе мустах1икълъана Х1амзат Мух1амадов.
Х1урматияб данделъиялда гьединго г1ахьаллъи гьабуна районалъул лъайкьеялъул управлениялъул нухмалъулев С. Къурбановас ва т1ок1лъигун школа лъуг1изе гьабурал ц1алдохъабазул умумуз. Районалъул бет1ер М. Т1агьирвас щибал ц1алдохъабазда ц1ехана хадубккунги ц1ализе ине ругел бак1ал, гьарана киназего рек1ее бокьараб бак1алде ц1ализе лъугьине ва нахъруссун районалде х1алт1изе рач1ине къуват. «Кидаго к1очон тоге нужеда умумул, гьел нужее лъицаго хисизе гьеч1о», — ян абуна районалъул бет1ерас тадбиралда.
Меседил медаль кьуна — Х1амзат Мух1амадовасе – Къудукь школа
Г1арцулал медалал кьуна – Г1айшат Г1абдулаева – Хьаргаби №1 школа
Мух1амадов Ах1мад – К1ик1униб школа
Муртазг1алиев Мух1амад — К1ик1униб школа
9 класс т1ок1лъигун лъуг1иялъул аттестатал кьуна:
Рамазанова Г1айшат – Хьаргаби №2 школа
Х1ажимух1амадова Аминат – К1ик1униб школа
Т1агьирова Сабира – Хъвартихьуниб школа
Ц1алдохъабазул умумуз рак1 – рак1алъулаб баркала загьир гьабуна районалъул бет1ер М. Т1агьировасе, г1ун бач1унеб г1елалъе кьолеб бугеб к1варалъухъ.
