Сетевое издание «Зуберха.ру» | 14 августа 2026
Интернет-издание

Т1адег1анаб  х1асил

Г1абдулжалимов  Ибрагьим  гьавуна  2008  соналъул  25  ноябралда  Мах1ачхъала  шагьаралда.  Гьев  ккола   Хьаргаби  росулъа.  Гьев  вуго  ц1алулев  Мах1ачхъалаялъул  М- С. Г1умахановасул  ц1аралда  бугеб  №8  лицеялда.  Ибрагьимица  Т1олгороссиялъул  математикаялъул,  информатикаялъул  ва  физикаялъул  олимпиадабазда  чанго  нухалда  росана  призалъулал  бак1ал.  Гьаб  соналда  цогояб  пачалихъалъулаб  экзаменалда  информатикаялъе  босана  100  балл.  Гьарула  Ибрагьимие    хадубккунги  ч1ах1и– ч1ах1иял  бергьенлъаби.