Сетевое издание «Зуберха.ру» | 14 августа 2026
Интернет-издание

Дагъистаналъул   Конституциялъул   къо к1одо гьабуна

 

1994  соналъул  26  июлалда  къабул  гьабуна  Дагъистан  Республикаялъул аслияб  закон.  Киналниги  халкъазул  мурадал  загьир  гьабураб  Конституция  щивав  дагъистаниясул  ихтиярал  ва  эркенлъи  ц1унулеб  хасаб  закон.

Гьал  къоязда нилъер Дагъистаналъул Конституциялъул къо к1одо гьабун  районалъул  ясли-ахазда  гьаруна  тадбирал.

Т1орит1улел   байрамал,  данделъаби   щвалде   щун   т1орит1иялъе   махщел    бук1ин   бихьизаби, гьанже    г1адатаблъун   лъугьун   буго районалъул  росабалъ   ругел    киналго    ясли-ахазда. Г1исичазулъ   бижун   бач1унел    байбихьул   гьунар-махщел    камил   гьаби    гьанже   лъугьун   бугеблъун  г1адатаб,  тарбиячаг1азда   т1адаб  гьабураб   х1алт1илъун.

Тадбир бачунез бицана лъималазда республикаялъул аслияб законалъул ва гьелъул тарихазул х1акъалъулъ, рук1а-рахъиналъулъ.

Ц1акъ берцинго къач1ан рук1ана ясли-ахазул залал. Гьарун рук1ана выставкаби.

Ясли – ахазул  лъимал рук1ана  миллияб рет1елги рет1ун къач1ан. Лъималаз ах1ана ва  ц1алана миллиял куч1дул, гьаруна кьурдаби,  сценкаби.

Гьадинал тадбираз к1очене толаро Дагъистаналъул г1адаталги,  адаб-х1урмат  ц1унизе, рук1а-рахъине  лъайги.  К1удияб  къимат  гьабун,  ц1унизе  ккола  нилъерго    маданият.  Гьеб  ккола  нилъер      унго – унгояб  хазина.

Балагьарал разияб тадбир г1уц1аралъухъ ясли-ахазул нухмалъулезеги, тарбиячаг1азеги баркала кьуна лъималазул умумуз.