
Хъвартихьуниб – Курмиб – Хьаргаби – К1ик1униб лъел рог1рал лъолеб г1уц1иялъул участкаялъул нухмалъулев Г1алалудин Къурах1маевас гьал къоязда баян кьуна т1абиг1ияб балагь бач1ун Гъазигъумекдерил Койсуялда т1асан бук1араб т1абиг1ияб газил рог1рал хисизе ккеялда хурхун. Газил рог1рал Чувашиялда заказ гьарун ва гьел регъолеб станокалда цадахъ заманаги бан рач1ун Г1алибулатов Х1ажимурадил ферма бугеб бак1алде аск1оре щвезе гьарун руго. Гъут1би, басриял рог1рал къот1ун гьел ц1иял рачине бак1 х1адур гьабун буго нижер х1алт1ухъабаз. Аслияб суал буго г1орол т1инда бак1 кинаб бугебали лъаларолъи. Кинаб гьеб батаниги кканани к1иго сменаялъ х1алт1унги дунял квачазег1ан Хьаргаби, Курмиб, Маг1либ росабалъе бугеб т1абиг1ияб газалъул рог1рал г1агараб заманалда х1алт1изе руго.
Гьекъолеб лъим бачиналъе жакъа къоялде гьарун руго проекталда рекъон 80 проценталъ х1алт1аби. Хьаргаби росуъ хут1ун буго 500 метрадул манзилалда рог1рал рачине ва к1иго бак1алда лъел резервуарал рухъун, жанибе бетонги т1ун къач1азе. К1ик1униб росулъе буго Хьаргабисан к1иго рог1разул мухъ бачун, гьенибги гьабизе буго к1иго резервуар, х1алт1аби гьаризе бала к1иго анкь.
Курмиб росулъ хут1ун буго 100 метралъул манзилалда рог1рал лъезе гьединго к1иго резервуарги гьабизе. 15 сентабралде рехсолел х1алт1аби лъуг1изе ккола. Хъвартихьуниб росулъе рачун руго 1,5 км. манзилалда рог1рал, хут1ун руго гьедиг1анго рачинеги.
Бищунго зах1мат бук1ана асфальталда гъоркьан лъел рог1рал лъезе. Гьел киса – кирего лъун руго 160 – 180 см гъварилъуда. Т1оцере гьел х1алт1аби гьаризе чи рачун рук1ана республика бахун къват1иса, гьезда гьел х1алт1аби гьаризе бажарич1о, гьанже гьел хисун х1алт1улел руго нилъерголал. Гьабсаг1аталда цебе ч1араб масъала буго Гъазигъумекдерил Койсуялда гъоркьан 5 – 6 метралъул гъварилъуда бач1араб борлъарулеб станокги буго лъел ва газил рог1рал лъезе. Иншааллагь, гьел х1алт1абиги заманаялъ т1уразе гьаризе руго.
Нижер г1уц1иялъ кумек гьабула росабазул администрациябазе, диниял церехъабазе нухазул, лъел рог1рал рачиналъул ва канализациялъул рог1рал лъеялъул х1алт1аби гьаризе. Дие ц1акъ бокьилаан росабалъ бат1и – бат1иял харбал риччач1ого дихъе рач1анани ругел масъалабиги росун. Дандбани гьаризе к1оларел х1алт1аби рук1унаро.
