Сетевое издание «Зуберха.ру» | 10 сентября 2026
Интернет-издание

Дандч1вай  гьабуна

Гьал  къоязда  районалъул  «Хьаргаби»  кьурдул  ансамблялда  х1урматияб  къаг1идаялда  дандч1вай  гьабуна  районалъул  администрациялъул  бет1ер           М. Т1агьировас.  Гьелъие  г1илла  бук1ана  Москва  шагьаралда    т1обит1араб      15 – абилеб  славяназул  искусствоялъул  регионазда  гьоркьосеб    «Русское  поле»  фестивалалда  нилъер  ансамблялъ  Гран – при  боси.  Гьелъул  х1акъалъулъ  «Церехун»  газеталъул  араб  номералда  хъванги  бук1ана.  Гьеб  дандч1ваялда  г1ахьаллъи  гьабуна  районалъул  культураялъул    управлениялъул  нухмалъулев  М. Арбулиевас  ва  районалъул  херазул  Советалъул  нухмалъулев  А. Шариповас.

Дандч1ваялда  районалъул  бет1ер  М. Т1агьировас  рак1 – рак1алъулаб  баркала  загьир  гьабуна  махщел  бугеб  ансамблялъе,  хасго  гьелъул  нухмалъулев  Г1. Мух1амадовичасе.   Гьес жиндирго  рахъалдасан  загьир  гьабуна  культура  гьеч1они  миллат  бук1унареблъи  ва  бергьенлъабазда  коллективалъ  г1ей  гьабизе  гьеч1олъи.

Гьединго  дандч1ваялда  рорхана  районалъул  росабалъ  культураялъул  рукъзал  рагьиялъе  кумек – квербакъи  гьабиялъул.   Дандч1вай  лъуг1изе  гьабуна  х1алт1ухъабазе  баркалаялъул  кагътал  кьеялдалъун.