Сетевое издание «Зуберха.ру» | 15 сентября 2026
Интернет-издание

Г1емер  миллатазул  гъункараб цолъи

 

2010  соналъул   декабралда   Дагъистан   халкъазул  III  съездалда   цебе   лъун  хал  гьабуна  Дагъистаналъул   халкъал   цолъиялъул   къо   к1одо   гьабизе   ккеялъул  суал.  2011   соналъул  11  июлалда   Дагъистаналъул  Президентас    х1укму   бахъана  гьеб   байрам   щибаб   соналъул  15   сентябралда   т1обит1изе.   

Г1емер   миллаталъул  Дагъистаналда   жакъаги,  нус-нус   соназ   цебеги   бук1ана  цоцалъ гъунки.  Къварилъи   — рохел  т1аде  бач1ани  миллат   ц1ехеч1ого   маг1арулал, лъараг1ал, даргинал, лезгинал    ва  цогидалги   кумекалъе  рахъине   кидаго   х1адурарал  рук1ана.   Жиндирго  г1адин  чияр   къо-къварилъи   къабул   гьаби   дагъистаниязе   бук1ана   к1удияб  т1адаб   адаб,   къадру.   Кинаб   даражаялъул ва  к1варалъул   кумек  гьарун   рач1аниги,  квербакъи   гьабулаан.   Нилъер    цересел   умумузулги   рук1ана   кумек  х1ажалъун   бугониги,   тушман  т1аде   вач1унев   вугониги   щибаб  росабазул       борхалъабазда    рорхун    рук1ана   ах1и  балел  сиял.  Гьениб    бакараб  ц1аялъул   ккуялъ    лъазабулаан      хехаб   кумек    х1ажат   бук1ин.    Гьеб  г1адаталъулъ   бихьулеб бук1ана  нилъер  халкъазул,  росабазул  ва   миллатазул  цолъи .

Бищунго   нилъер    Дагъистаналъул   халкъазул  тарихалъулъ  цолъи     щулатаб   бук1ин   загьирлъана    1741  соналда.  100   азаргоялдасаги   ц1ик1к1ун  яргъид   ккезабураб   аскаргун    Дагъистанги,  Кавказги   асир   гьабизелъун   Ираналдаса   ц1ар   раг1арав   рагъул   бет1ер  Надир – Шагь вач1араб заманалъ.   Цо-цо ккун асир гьарулел росабазул дандеч1езе х1ал г1олеб бук1инч1о Дагъистаниязул.  К1удияб   къуваталде   данде   к1удияб  къуват   бак1аризе    кколеблъи   бич1ч1ана   ва  рагъулаб къуват     цолъизабизе   бараб  ах1и  къабул   гьабуна  киналниги Дагъистаналъул миллатазул халкъаз. Ц1ар   раг1араб,  къвин   лъач1еб   Надир-шагьил   бо  щущахъ биххизабуна. Халкъ цолъани гьит1инаб Дагъистанги къуркьизабизе к1олареблъи бихьана жеги хадусел тарихиял х1ужабаздаги.

Дуниялалда гьеч1о цойгиги гьит1инаб ракьалда 60 гоялдаса ц1ик1к1ун бат1и-бат1ияб халкъ жаниб г1умру гьабулеб бугеб бак1. Щибаб халкъалъул жидерго рук1а рахъинги, г1адатал ва жидерго  мац1ги  буго.  Гьезда гьоркьоса 14 бат1ияб мац1алъе пачалихъалъул абураб статус кьун буго. Дагъистан ккола аза-азар соназ  миллаталъухъ, г1адатазухъ балагьич1ого рекъон г1умру гьабулеб цолъи, гъунки щулияб халкъалъул ракь.

15 сентябралъул   байрам   къо  Дагъистаналда    кидаго   рохалида   ва   аваданлъиялда    т1обит1ула,  концерталги,  спортивиял   къецалги,  х1аялги  гъорлъе   рачун.  Школазда,  ясли-ахазда   т1орит1ула  рагьарал  дарсал,  выставкаби.  Цолъи   къуват  бук1ин,    тарихалъул   х1ужабиги,  мисалалги      рехсон   бицуна   г1ун   бач1унеб   г1елалъе.  Х1акъикъаталдаги   тарих   нилъер   бечедаб   буго.

Байрам къоялда цойги нухалъ нилъеда рак1алде щвезабулеб буго миллатал г1емераб нилъер х1укуматалда цоцада гьоркьоб рекъел, адаб-х1урмат ва культурияб бечелъи кквеялде  к1вар кьезе ккей. Киналго Дагъистаниязул цоцалъ гъунки ва рекъел бук1ин парахатаб г1умру бук1иналъе кьуч1 лъолеблъун.