
8 сентябрь ккола к1удияв шаг1ир, Дагъистаналъул ч1ух1и Расул Х1амзатов гьавураб къо ва гьединго гьеб къо буго Россиялъул халкъазул рахьдал мац1азул къо.
Расул Х1амзатов вук1ана жиндирго халкъалъул унго-унгояв васлъун, бихьинчилъун. Расул Х1амзатов гьавуна 1923 соналъ Хунзах районалъул ЦӀада росулъ. Поэзиялда гьесул тӀоцевесев учителлъун вукӀана васасда рагӀуде ва гӀагараб ракьалъул гӀадатазде рокьи бижизабурав эмен. 11 сон барав Расулица хъвана тӀоцебесеб кечӀ ва 1932 соналъ байбихьана ракӀбацӀцӀадго кечӀ хъвазе.
Гьал къоязда нилъер районалъул ясли-ахазда гьаруна тадбирал Расул Х1амзтов гьавураб къоялде ва Россиялъул халкъазул рахьдал мац1алъул къоялде хурхарал.
Тадбиразда бицунеб бук1ана Расул Х1амзатовасул г1умруялъул ва хъвадарухъанлъиялъул х1акъалъулъ, рик1к1ана ва ах1ана Расулил куч1дул, гьаруна кьурдаби ва сценкаби. Ясли-ахазул лъималаз рет1ун бук1ана миллияб рет1ел. Г1уц1ун рук1ана Расулил т1ахьазул выставкаби.
