Сетевое издание «Зуберха.ру» | 22 сентября 2026
Интернет-издание

Байрам  к1одо  гьабуна

 

15  сентябралда  республикаялда г1ат1идго к1одо    гьабуна  Дагъистаналъул    халкъал  цолъиялъул  къо.  Байрам  къоялда  цойги  нухалъ  бербалагьи  ц1ик1к1инабуна,  г1асрабаз  цо  ракьалда  г1умру  гьабулел  ругел  халкъазда  гьоркьоб  бугеб    гьудуллъиялде,  цоцал  адаб  кквеялде  ва  г1емер миллатазул цадахъаб ракълилаб  г1умруялде.

Т1олабго  Дагъистаналда  15  сентябрь  г1одоб  къо  лъазабунги  бук1уна.    Киса – кирего  т1орит1ула концертал,  тематикаялъул  дандч1ваял,  выставкаби  ва  бат1и – бат1иял  тадбирал. Гьедин, Дагъистаналъул тахшагьаралъул майданалда ана к1удияб концерталъулаб программа. Тадбиралда х1урматиял гьалбадерида гьоркьор  рук1ана Федерациялъул  Советалъул  нухмалъулей  Валентина Матвиенко ва  Дагъистан  Республикаялъул  бет1ерасул  ишал  т1уралев Федор Щукин.

Ц1ар раг1арал коллективазул мухъилъ, жидерго махщел бихьизабуна халкъияб творчествоялъул мустах1икъаб хореографическияб «Хьаргаби» муниципалияб ансамблялъги.Майданалда щибаб муниципалияб г1уц1иялъул чат1рал г1уц1ун рук1ана. Хьаргаби районалъул г1адатаб квенги, районалъул росдал маг1ишаталъул бечелъиги цебе лъураб столалде нахъе рач1анщинал х1урматалда къабул гьарулел рук1ана гьенир. К1удияб бут1а лъуна районалъул Культураялъул отделалъул х1алт1ухъабаца ва творческияб пагьму-гьунар бугел районцояз.

Хьаргаби  районалда жанибги  г1ат1идго  т1орит1ана  байрамалда  хурхарал  тадбирал.    Аслияб  къаг1идаялъ  гьел  ана  лъайкьеялъул    г1уц1иязда  лъималазул  г1ахьаллъигун ва  гьединго  районалъул  культураялъул  г1уц1иязда.  Хасго  беричго,  берцинго  тадбирал  т1орит1ана  ясли – ахазда.

Лъималгун  цадахъ  тарбиячаг1аз  х1адурун  рук1ана  литературиял    композициял  ва  церерахъинал.  Лъималаз  рик1к1ана  Ват1аналде  гьарурал  куч1дул,  рихьизаруна  миллиял  кьурдаби.

Районалъул  школазда  т1орит1ана  байрамалъул  тарихалъул,  г1емер  миллатазул  Дагъистаналда  халкъазда  гьоркьоб  гьудуллъи  щулаго  кквеялъул  к1варалъул  бицунел  классалъул  саг1тал.

Къудукь  школалъул лъималазда гьоркьоб   т1обит1ана  «Халкъазул  гьудуллъи»  абураб  фестиваль.  Бечедаб  программаялда лъималазул церерахъиназда бихьизабуна Дагъистаналъул халкъазул миллияб  рет1ел,  кьурдаби  ва  квенал. Кьуна баянал щибаб  миллаталъул  г1адатал  ва  рук1а – рахъиназул.

Г1одобкъо  бук1аниги  ц1алдохъабиги, муг1алимзаби  ва  тарбиячаг1иги  къват1ире  рахъун, г1ат1идго  т1обит1ана  байрам  Курми  школа – интернаталдаги.

Дагъистаналъул  А. Тахо- Годил  ц1аралда  бугеб миллияб  музеялъул   Хьаргаби  районалда   филиалалда  т1обит1ана   «Дагъистаналъул  халкъазул  миллияб  рет1ел  ясик1оязда» — абураб  выставка.

Тадбиралда  г1ахьаллъи  гьабуна  Хьаргаби  №2  гьоркьохъеб  школалъул  «Т1оцересезул багъа-бачари»  х1аракатчаг1аз  ва гьезул насих1атч1ужу  Х. Загьировалъ.

Гьединго, районалъул  централияб  библиотекаялда  г1уц1ана  «Нилъ  цадахъ  руго  ва  гьеб  нилъер  къуват  ккола»  абураб  т1ахьазул  выставка.

Дагъистан  буго  г1емер  миллатазул,  г1адатазул  ва  мац1азул    берцинаб  ракь.   Киналго  нилъ  журазарун  руго  щулияб  гьудуллъиялъ,  цоцадехун  бугеб  адабалъ,  Дагъистаналде  бугеб  рокьиялъ.  Гьедин  гъункун   хут1аги  нилъер  халкъал.    Гъункиялъул  к1вар  г1ун  бач1унеб  г1елалдаги  бич1ч1изабулеб  бугони,  нилъер  ракьалда  кидаго  рекъел  хут1ила.