Сетевое издание «Зуберха.ру» | 23 ноября 2026
Интернет-издание

Кириги  к1удияб  пайдаги  ц1ик1к1араб

 

Нилъеда  киназдаго  лъала  Хьаргаби  росулъ  аслияб  къаг1идаялда хобалалъе  унеб  нух  абагьудаса г1одобеги  хасго  лъарада  т1асан  кьоги  квешаб  х1алалда  бук1ана,  хасго  цодагьабниги  санаг1алъи  бук1инелъун  гьелда  т1аде  бараб  жо  ц1акъго  бицалъун  бук1ана.  Щибаб  къварилъи  росулъ  ккарабго  кинасулго  гьари  бук1ана  гьеб нухалде  к1вар  буссинаби.

Гьебги  х1исабалде  босун  Хьаргаби  росдал  администрациялъул  ва  г1олохъабазул  багъа – бачариялъул  жигаралдалъун  байбихьана  гьеб  къач1азелъун  х1адурлъи  гьабизе.

Росдал  г1адамаз  гьеб  лъик1аб  х1алт1уе  квербакъиялъе  г1арцал  кьуна,  администрациялъул  гьеб  к1удияб  харж  ц1ик1к1араб  х1алт1уе  г1ураб  къадаралда  г1арац  бук1инч1ониги,  жидерго  рахъалдасан  бажарараб  х1алалда  г1ахьаллъи  гьабуна.  14 – 15  ноябралда  гьенир  х1алт1аби  гьаризе  байбихьана.

Кьода т1аса  лъик1аланго  гъат  бахъана  ва  арматураги  т1ибит1ун  лъик1аб  качествоялъулаб  х1алт1и  ккана,  киса – кибего  сетка  т1ибит1ич1ого  бетонги  т1еч1о.

Гьаниб  рехсеч1ого  г1оларо  гьенире  кумекалъе  рахъарал  г1олохъабазул,  бер кколеб  х1ал  бук1ана  гьенире  рахъарал  г1олохъабазул  рик1к1еналда,  Аллагь  разилъаги  нужедаса,  нужеда  баракат  лъеги,  кирилъун  хъван  батаги,  гьенибе  кумек  гьабуразеги  кири  Аллагьас  азариде  бахинабеги.

Цоги  гьениб  цадахъ  рахъун  х1алт1и  гьабиялъул  гьадинаб  х1ужаги  ккана  районалъул  отделалъул  полициялъул  нухмалъулев  Мух1амадшамиль  Рамазанов  анц1гоялдаса   ц1ик1к1ун  жиндирго  х1алт1ухъабигун  вач1ана  цадахъаб  х1алт1улъ  г1ахьаллъи  гьабизе, гьеб  ккана  киназдаго  берцин  бихьараб  х1ужалъун.

Кинабниги  г1аммаб  къаг1идаялда  х1алт1изабун  буго  г1ага – шагарго  160  куб  бетоналъул.