Сетевое издание «Зуберха.ру» | 23 ноября 2026
Интернет-издание

Хасалихълъи «Солнышко» ясли-ахалда

Рортулел руго тIанхал,

ТIеренлъулеб буго лъар,

Пашманлъулеб буго кечI—

БачIун буго хаслихълъи.

 

Ноябрь моц1алъ  ясли-ах «Солнышко»-ялда т1орит1ана щибал группабазда хасалихълъиялде гьарурал тадбирал.

Ясли-ахалъул зал бук1ана  ц1акъ берцинго къач1ан. Баг1арал, г1убилал  шариказул ва хасалихълъиялде гьарурал плакатазул  ц1ун бук1ана зал.  Щибаб группаялъ рук1ана гьарун бит1и-бит1иял подделкаби хасалихълъиялде гьарурал.

Тадбиралда  лъималазда цадахъ г1ахьаллъи гьабулеб бук1ана воспитателазги. Тадбиралде щибаб группаялъул лъимал рук1ана къач1ан хасалихълъиялъул кьеразул къаялги рет1ун. Льималаз рук1ана ах1улел ва рик1к1унел куч1дул. Гьарулел рук1ана бат1и –бат1иял кьурдаби, сценкаби. Гьит1ич1азул группаялъцин гьабуна кьурди т1огьилал, баг1арал т1амхазул накъищал т1ад ругел дугъалги росун.

Умумуз баркала кьуна ясли-ахалъул нухмалъулезе, тарбиячаг1азе берцинал тадбирал лъималазе г1уц1аралъухъ. Тадбир лъугьана лъималазул г1умруялда к1очонареб рохалилаб байрамлъун.