
18 ноябраялда Хьаргаби школа №1 т1обит1ана хасалихълъиялъул бечелъабазул ярмарка. Ярмарка т1обит1ана школалъул азбаралда. Школалъул азбар бук1ана берцинго къач1ан. Азбаралда бан бук1ана к1удияб плакат хасалихълъиялде гьабураб, риккадасанго ярмарка бук1ин бихьулеб.
Ярмарка бук1ана гьабулеб 9,10 ва 11 абилел классазул ц1алдохъабаз. Щибаб классалъ бук1ана къач1ан жудерго столал. Столал бечедал рук1ана, гьениб камураб жу бук1инч1у. столазда рук1ана бат1и-бат1иял гьуинлъаби, пихъал, белъараб хъабахъ, салатал, кофе, чаялгицин.
К1удияб переменаялда биччан музыкагун гьаруна бат1и-бат1иял кьурдаби.
Тадбиралде рач1ана г1емерал гьалбал, цох1о лъималазул умумул гурелги, районалъул централда ругел учреждениял-организацияздаса хъулухъчи-вакилзабиги.
Ярмаркаялде рач1арал разиго хут1ана, г1емер мех базег1анго ярмаркаялъул столал ч1обоголъана.
Т1аде рач1араз баркала кьуна к1удиял классазул муг1алимзабазе, ярмарка бечелъизе квербакъи гьабурал лъималазул умумузе.
