
Школалъул ц1алдохъабазда гьоркьор пагьму – гьунар бугел лъимал т1атинариялъул мурадалда 12 ноябралда Хьаргаби №1 гьоркьохъеб школалда т1обит1ана «2026 соналъул Ц1алдохъан» абураб республикаялъул къецазул муниципалияб этап.
Муниципалияб этапалде щвезег1ан, школазул нухмалъулезда т1ад къан бук1ана пагьму – гьунар бугел лъимал школалъул этапалда г1ахьаллъизаризе ва муниципалияб этапалде церет1урал ц1алдохъаби рихьизаризе.
Х1исабалде росизе рук1ана ц1алдохъабазул ц1алулъ, спорталъулъ, олимпиадабазда, г1елмуялъулъ, искусствоялъулъ, общественнияб ва добровольческиял рахъазда 2025 соналъул сентябралдаса 2026 соналъул ноябралде щвезег1ан ккарал церет1еял. Х1исабалде росизе рук1инч1о коммерческиял къецазда, олимпиадабазда, конференциязда рихьизарурал церет1еял.
Къецазде г1ахьаллъизе рачана хасал шарт1азда рекъон районалъул школазул ц1алул цебет1ей гьоркьохъеб 4,5 баллалдаса г1одобе гьеч1ел ц1алдохъаби.
Ц1алдохъабаз цере рахъун жидецаго презентацияги цадахъго х1алт1изабун бицине кколаан жидерго х1акъалъулъ. Къецазда г1ахьаллъизе бегьулаан 6 – 11 классазул ц1алдохъаби. Гьенибги, къецал рикьана щибаб классазул группабазде. Рес бук1ана анлъго бергьенлъи босарал ц1алдохъаби рихьизаризе.
Жюриялъ къимат кьезе бук1ана г1ахьалчаг1азул к1алъазе махщалие, бицунелъул маг1наялъе ва къаг1идаялъе, ч1езабураб заманалде дандеккеялъе.
Къецал т1орит1ана к1иго этапалда: (заочнияб: киналниги ц1алдохъанасул церет1еял рихьизарулел шапакъатал жанире руссинарураб портфолио цебе боси) ва очнияб (презентация ва тестирование).
Г1аммаб къаг1идаялъ къецазда г1ахьаллъана районалъул школаздаса 10 ц1алдохъан. Т1оцебесеб (заочнияб) этапалъул х1асилазда, къецазде риччана 6 ц1алдохъан.
Къецазул х1асилалда 8 классазул ц1алдохъабазда гьоркьов I бак1алъе мустах1икълъана Хьаргаби №1 гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъан Г1. Шапиев; 2 – бак1 щвана Хьаргаби №2 гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъан Г1.Идрисовасе.
9 – лел классалъул ц1алдохъабазда гьоркьой т1оцебесеб бак1алде яч1ана Хьаргаби №2 гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъан С. Мух1амадова; 2 – леб бак1 щвана Къудукь гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъан Г1.Г1умаровасе.
10 – лел классазул ц1алдохъабазда гьоркьоб бергьенлъи босана Хьаргаби №1 гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъан Р.Шарабудиновалъ; 2-леб бак1 щвана Хъвартихьуниб гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъан П.Баталиевалъе.
Муниципалияб этапалда бергьарал ц1алдохъабазе лъайкьеялъул управлениялъул рахъалдасан дипломал ва г1ахьаллъаразе грамотаби кьуна.
Хадубги, бергьенлъиялъе мустах1икълъарал ц1алдохъабазул бак1арараб материалал бит1изе буго республикаялъул этапалде.
Щибаб соналъ т1орит1улел къецазул жавабияйлъун ккола Хьаргаби районалъул лъайкьеялъул управлениялъул пагьму – гьунар бугел лъималазда гьоркьоб х1алт1и гьабиялъул методист Д. Набиева.
Тадбир т1обит1иялъе харжал хас гьарун районалъул целевая программаялда счеталдасан гьаруна.
