7 ноябралда Хьаргаби районалъул культураялъул минаялда т1обит1ана «Ас – Салам» газеталда хурхараб мажлис.
Тадбиралда г1ахьаллъи гьабуна Дагъистан республикаялъул Муфтияталъул муг1рузул территориалияб округалъул вакил Г1алиасх1аб Разакъовас, Хьаргаби районалъул имамзабазул советалъул Председатель Тажудин Г1абдулаевас, Мах1ачхъалаялъул централияб джума – мажгиталъул имам Г1иса Салимсултановас ва цойги диналъул х1аракатчаг1аз ва гьалбадерица.
Мажлисалъул программаялда рекъон, гьенир ах1ана мавлидал, к1алъазе рахъарал динияб г1елмуялъул г1алимчаг1аз пайдаял насих1атал гьаруна, т1адч1ей гьабуна муъминзабазе рух1аниябгун – адабияб тарбия кьеялда ва бусурзабазул цолъиялда. Завалаблъун ккана багьаял сайгъатазул х1ай ва гьезда гьоркьоб аслияблъун бук1араб г1умраялде путевка. Сайгъатазе ва г1умраялде путевкаялъе можоро бахъана 1730 газетаялъе лъаг1алил подписка гьабурал, Хьаргаби районалда г1умру гьабулел г1адамазда гьоркьор. Г1умраялде путевка бергьана Ч1алдаса муъминчи Ах1мадие, ах1ун ватаги Аллагьас.
Цинги, киналниги «Ас – Салам» газеталъул вакилзабазе, районалъул росабазул имамзабазе ва газета т1ибит1изабизе квербакъулел жигарчаг1азе кьуна баркалаялъул кагътал ва рак1алдещвеялъе сайгъатал. Гьединго, г1умраялде путевка кьуна Хьаргаби районалда «Ас-Салам» газета т1ибит1изабиялъул отделалъул нухмалъулев Мурад Г1умаровасе (ах1ун ватаги).
