«Ромашка» ясли – ах

0
19

К1ик1униб  росдал   «Ромашка»   ясли – ахалда  руго  155  лъимер.  Гьелъие  нухмалъи  гьабулеб  буго  2011  соналдаса  нахъе  байбихьуда  тарбияч1ужу х1исабалда  х1алт1изе  байбихьарай   Мух1амадова  Г1айшатица.  Ясли – ахалда  х1алт1улел  руго  39  чи  гьездасан: 10  воспитателал  ва  5  специалистал.  Ясли – ах  хьезабун  буго  гьекъолеб  лъедалъун,  лъималазул  рукъзабахъ  25  градусалдаса  г1одобе  хинлъи  ккезе  толаро  соляркаялда  х1алт1улел  х1ухьлал  печал  ругониги.

Ясли – ах  х1исабалде  босун  буго  105  лъималазе.  Ясли – ахалъул  буго  к1иго  г1узру;  т1оцебесеб – росулъ   жаниб  т1абиг1ияб  газалдаса  пайда  босулеб  бак1  бугониги – солярка  х1алт1изе  гьаби,  к1иабилеб  — лъимал  данде  руссине    байбихьи  лъун  бук1араб  актовый  зал  лъуг1ун  гьеч1олъи.             Ясли -ахалъул  х1алт1ухъабазул  хьул  бугоан  районалъул   администрациялъул  кумекалдалъун,  бач1унеб    соналдаг1аги  гьел  унтарал  суалал  т1уразе  бажариялде.