Щибаб соналъул июнь моц1алъул лъабабилеб гьат1ан къоялъ Россиялда к1одо гьабула медицинаялъул х1алт1ухъанасул къо. Исана гьеб кколеб буго 18 июнь. Медицинаялда жидерго г1умру бухьинабун х1алт1улел руго нилъер миллионал г1адамал: врачал, медсестраби, фельдшерал, санитарал. Киназулго гьезул х1алт1улъ буго цого масъала – сахлъи ц1униялъул рахъалъ кумек х1ажатазе хъулухъалъе рати.
Щибаб соналъ Гиппократил гьаги кьун рач1уна медицинаялде медколледжазул, университетазул выпускникал. Медиказул махщел рик1к1уна бищун къвариг1араб ва къадруяблъун.
Медицинаялъул х1алт1ухъанасул къо официалияб къаг1идаялъ к1одо гьабизе байбихьана 1980 соналъ СССРалъул Верховнияб Советалъул Президиумалъул буюрухъалда рекъон.
Жакъа къоялдеги, г1адатго гьеб байрам к1одо гьабулеб буго Россиялдаго г1адин цо чанго союзнияб республикаялдаги.
Киса кибего г1адин нилъер районалъул медиказги баркиял ва шапакъаталгун цадахъ к1одо гьабула жидерго махщалил байрам.
Районалда сахлъи ц1униялъул хъулухъалда руго кинавниги 439 чи. Гьезда гьоркьор 74 врач, 209 медсестра, 60 санитарка, 1 фармацевт, цинги хут1араб къадар х1алт1ухъабаз т1убала бат1и-бат1ияб х1алт1и. Кинабниги Хьаргаби районалъул 16 сахлъи ц1униялъул г1уц1и х1алт1улеб буго. Гьенире гьоркьоре уна: Хьаргаби централияб районнияб больница , 4 участковияб больница (УБ), 4 фельдшерскиябгун акушерскияб пункт (ФАП), 6 фельдшерскияб пункт (ФП), гьездаса к1игояб гъутаналда буго ва цо врачебнияб амбулатория.
Райбольницаялда унтарал къабул гьаризе ва медицинаялъул кумек г1адамазе щвезе х1алт1улел руго: хирургиялъул, терапиялъул, инфекционияб, неврологиялъул, родильниябгун гинекологиялъул , реанимациялъул, хехаб кумекалъул отделениял. Гьединго киналго отделениязе тадбиралда унтарал ккезарулеб ва т1оцебесеб ах1и т1аде кколел къабул гьариялъул отделение. ЦРБ ялда х1алт1улеб буго клинико-диагностическияб отделение ва клиническиябгун диагностическияб лаборатория.
Хьаргаби районалъул сахлъи ц1униялъул тарихалъул бицани, т1оцебесеб 10 бак1алъул лечебнияб учреждение районалда рагьана 1936 соналъ Хьаргаби ГЭСалъул ракьалда гидростроителазе медициналъулаб хъулухъ гьабиялъул мурадгун. Больницаялъе нухмалъи гьабулел рук1ана : Нейлин Ян Иархович, Хасаев Ах1мад Шейхович,Г1умарова Пат1имат Мух1амадовна ва Юсупов Зайнудин Мух1амадович.
Хьаргаби росулъ т1оцебесеб 15 койкаялъе бак1 бугеб районнияб больница рагьана 1945 соналъ . Гьебги бук1ана г1адамазул цо минаялда жаниб.
Цинги т1оцебесеб нухалда жиндирго хасаб минаялда жаниб районалъул больница рагьана 1957 соналъ. Гьеб заманаялъ г1уц1ун бук1ана терапиялъул, хирургиялъул ва акушер – гинекологиялъул отделениял.
ЦРБялъул жакъасеб аслияб мина базе байбихьана 1961 соналъ Украиналдаса строитель Артем Григорьевич Калачевас. 95 койкаялъе х1исаб гьабун балеб больница раг1алде бахъана 1967 соналъ.
Абизе ккола, ц1ар раг1арав строитель А. Калачевасул ясалъул яс Галина Г1умарова х1алт1улей йиго жакъа къоялъ районалъул больницаялда гьесул ц1арги борхатго ккун.
Рехсеч1ого г1оларо районалъул сахлъиц1униялъул нухмалъиялда рук1аразул ц1арал:
- Г1абдулпатах1ов Джамал Джамалович (1957 -1961);
- Мух1амадов Х1амзат Рашидович (1961-1965);
- Г1абдулх1амидов Мух1амад Г1абдулх1амидович (1964 – 1965);
- Исрапилов Г1абдула Мух1амадович (1965 – 1967);
- Джамалудинов Мух1амад Мух1амадович (1967 -1982);
- Нажмудинов Г1усман Мух1амадович (1982 -1989);
- Идрисова Г1айшат Г1умаровна (1989- 1994);
- Мух1амадх1ажиев Герайлав Джаватханович (1994 -1997);
- Набиев Х1ажиясулмух1амад Багьавудинович (1997 -2004);
- Абакаров Мух1амад Х1амзатович (2004-2020);
Жакъа къоялде ЦРБ ялъе нухмалъи гьабулев вуго Мух1амадов Г1усман Зайнулг1абидович.
Хьаргаби районалъул сахлъи ц1униялъул рахъалда хурхарал руго Дагъистаналъул сахлъи ц1униялда машгьурал ц1арал. Ай абуни, Г1айшат Мух1амадова Дагъистан республикаялъул сахлъи ц1униялъул министр ва цогидалги.
Хьаргаби районалдаса руго гьединго сахлъи ц1униялда машгьурал ц1арал: профессорал Камиль Мах1мудов, Г1абдурах1ман Г1усманов, Камиль Расулов, Юнускъади Жамалудинов, А Г1абдурах1манов, А. Г1алиев, И. Расулов, М. Г1абдулсаламов ва г ь.ц.
Районалъул жакъасел медицинаялъул х1алт1ухъабазги лъик1ал традицияби ва махщелкамиллъи цебет1еялъе х1аракат бахъулеб буго. Рук1аги гьел г1адамазе пайда бугел, махщел камилал, х1алт1улъ лъай борхизабулеллъун.
Махщалил байрамги гьоркьоб ккун гьарула киназего гьезие щулияб сахлъи, халатаб г1умру, г1адамазул рахъалдасан баркалаял ва Аллагьасул рахъалдасан кири. Кидаго разиго хут1аги нужедаса.