Сетевое издание «Зуберха.ру» | 6 августа 2026
Интернет-издание

«Жея ясал»  конкурс

 Анц1ила  анлъабилеб  апрелалда  Курми маданияталъул  кIалгIаялда тIобитIана  «Жея, ясал!»  абураб  районалъул  школазул 14-17 сон барал ясазул  командабаз  г1уц1ун  гьабураб  конкурсалъул  муниципалияб  этап. КIалгIаялъуб  букIана  рохалилаб  ахIвал-хIал. КъачIан, миллияб  ратIлилъ  цере  рахъунел  рукIана  цIалдохъаби-ясал.  Конкурсалда  г1ахьаллъи гьабуна  районалъул  ункъго  школаялъ:  Хьаргаби  №1 школа,  К1ик1униб школа, Хьаргаби №2  школа  ва  Могьохъ  школа.

            Ясазул  церерахъин  байбихьана  салам  кьеялдалъун. Т1оцебесеб номинациялда  ясаз  бихьизе  гьабизе  кколаан  кьурдул  творчество. Балагьаразе  лъикIаб  асар  гьабуна  тириго,  берцинго  кьурдулел  ясаз.  К1иабилеб  церерахъин  бук1ана  миллияб  форма  бихьизе  гьаби  ва  бицин. Лъабабилеб  номинация  бук1ана  миллияб  квен  гьабун  бач1ине  ва  гьелъул х1акъалъулъ  баян  кьезе. Ункъабилеб  бук1ана  Россиялъул  халкъал цолъиялъе  суалазе  хехал  жавабал  кьеялъул  къецал.

         Конкурсалда  г1ахьаллъараз  бихьизабуна  гьабулеб  ишалъулъ  жидерго бажари,  махщел  ва пагьму-гьунар.  Халгьабулаго  жюриялъе  ц1акъ  захIмат бук1ана  церерахъиналъе  къимат  кьезе  ва  бергьаразда  ц1арч1вазе.  Кин бугониги, щварал  баллазул  хIасилазухъ  балагьун  лъик1аздаса  лъик1ал т1аса  рищана. Т1оцебесеб  командаялъулаб  бак1  щвана  Хьаргаби  №2 школалъул  ц1алдохъабазе,  к1иабилеб  бак1алде  бач1ана  К1ик1униб школалъул  команда  ва  лъабабилеб  бак1алъе  мустах1икълъана  Хьаргаби №1 школалъул  команда.  Бергьаразе  ва  призалъул  бак1ал  росаразе  кьуна дипломал  ва  къиматал  сайгъатал.

        Къецазда т1оцебесеб бак1алде рач1арал  командаялъул  ясаз  г1ахьаллъи гьабизе  буго  Республикаялъул  этапалда.  Къуват  ва  гьунар  кьеги  Хьаргаби №2 школалъул  ясазе  гьенисаги  бергьенлъигун  т1ад  руссине.