24 апрелалда Хьаргаби росдал культурияб к1алг1аялда росдал бет1ер Б. Идрисовасул жамаг1аталъулгун дандч1вай бук1ин цебеккунго социалиял гьиназдасан лъазе гьабун бук1ана. Амма ц1араб замананаялде культурияб к1алг1аялде дандч1ваялде рач1арал росуцоязул къадар 10 – 15 чиясде гурони бахинч1о. Гьеб дандч1вай т1обит1ич1ого тана. Районалъул «Церехун» газеталъул редакциялъул х1алт1ухъабаз лъик1аблъун рик1к1ана росдал бет1ер Б. Идрисовгун дандч1вазе ва гьесул жамаг1аталда бицине рак1алда бук1араб газеталъул гьумералдасан къват1ибе загьир гьабизе. Гъоркьехун бахъулеб буго гьесулгун бук1араб дандч1ваялъул х1асилал.
— Суал. Гьаб соналъул 30 июналда лъуг1ула мун росдал бет1ерлъун вищараб заман. Аслияб къаг1идаялда щиб х1алт1и гьабун бажарараб ва щиб х1алт1и жеги гьабизе х1исабалда бук1араб амма гьеб гьабизе к1веч1еб.
— Жаваб. Дун х1алт1изе лъугьараб соналъ росдал бюджет бук1ана 16 млн. гъурущ. Гьаб соналде гьеб ккана 11 млн. гъурущалде. Бюджеталъул къадар дагьлъараб росулъ гьаризе х1алт1аби дагьал рук1ун гуро. Дун х1алт1уде лъугьараб соналъ росдал администрациялда хадуб налъи бук1ана 400 азарго гъурущ. Дица дирго х1алт1аби байбихьана документал низамалде рач1инариялдасан. Гьабуна росдал генералияб план, бачана х1алт1ул мухь кьеялъул, росдал бюджетазул положенияби, низамалде бачана бензиналъул ва дизелалъул х1исаб гьаби. Г1емерал росулъ гьарурал х1алт1аби ккана росуцояз бак1арун г1арацги гьабураб.
Гьебги х1исабалде босун дица х1аракат бахъана республикаялъул цойгидал районаз гьарулелел х1алт1абигун лъай – хъвай гьабизе. Щвана Карабудахкент росулъе. Нилъер росдал бюджет 16 млн. гъурущ бугеб мехалда гьезул батана 200 млн. гъурущ. Росадал бет1ерасулгун гьабураб лъай – хъваялдасан баянлъана гьезул г1емерисеб г1арац бюджеталде ижараялъе ракьал кьеялдалъун кьолеб бугеблъи. Нилъер росулъ бюджеталде г1арац бач1инелъун кьезе бегьулеб х1исаб гьабулеб мехалда батана кьезе базар, туристал ч1езе росдада т1аде балагьараб смотровая площадка, спутниказул антенаби лъезе бак1ал. Гьел лъуна кьодухъ, нат1аб майданалда ва гох1илъ авалалда. Гьез кьола росдал бюджеталде 50 – 70 азарго гъурущ. Жеги цойиде ккезе гьабун бажарич1о базар ижараялъе кьеялъул х1алт1и. Законалда рекъон ракьал ижараялъе кьола аукционги ах1ун. Хасав специалистги ах1ун ч1езе гьабула ракьалъул байбихьул багьа. Базаралда гъоркье унеб ракьалъул багьа ч1езе гьабун бук1ана 303 азарго гъурущ лъаг1алие аукцион ах1араб мехалда гьеб бахана 1,5 млн. гъурущалде. Гьеб заманалда росулъ хабар т1ибит1изе гьабуна росдал Советалъ ракьал ричулел ругилан. Росдал депутаталги рак1арун хвезе гьабуна аукционалъул х1асилал. Росдал бет1ер х1исабалда дида т1адги лъуна 50 азарго гъурущ г1ак1а. Жакъа къоялдеги гьадаб бугеб х1алалда базарги буго, кьишнидул ц1ун смотровая площадкаги буго.
Росдал бет1ер х1исабалда дида аск1оре рач1ун рук1ана кьодухъ бугеб цебе хъаравуласул бук1араб рукъ ижараялъе кьеян. Гьеб рукъ киназдаго лъала гьит1инаб аварийнияб бак1алде ккараб рукъ буго. Росдал депутатаз гьебги ижараялъе кьезе инкар гьабуна. Нилъее къвариг1ун буго росулъ х1алт1аби гьаризе, ругел ракьаздасаги пайдаги босулеб гьеч1они, налогалги рак1арулел гьеч1они, щибаб соналъ бюджеталде бач1унеб г1арацги дагьлъулеб бугони х1алт1аби кин гьаризе ругел.
— Суал. Росулъ ругел г1адамал гьекъолеб лъедалъун хьезе гьариялъул х1алт1аби кин ругел?
— Жаваб. Росулъ ругел зах1матал суалаздасан цояб ккола гьекъолеб лъел суал. Г1аймакиб росулъе нух бахъулаго хвана нилъер росулъе бач1унеб лъел бет1ералда бук1араб водозабор. Курмиб росулъан бачун бук1араб лъел мухъалда лъурал махул рог1рал ратана ц1акъго заман барал, ремонталъулал х1алт1аби гьаризе бегьуларолъиялдаса арал. Исана нижеца х1укму гьабуна гьел махул рог1рал пластиковыязде хисизе гьаризе. Цо – к1иго диналъул вацазул кумекалдалъун росана 1600 метра рог1разул.
Жакъа къоялде гьел цоцалъ рац1ун руго ва районалъул ункъабго Хъвартихьуниб, Курмиб, Хьаргаби, К1ик1униб росулъе бачунеб лъел рог1разда цадахъ ракьулъ лъолелги руго. Ункъабго росулъе лъим бачунеб мухъ лъолеб бугеб мехалда цадахъ цойги лъел рог1рал щай лъолел – ян ккезе бегьула цо – цоязда. Ункъабго росулъе бачунеб лъел мухъазул лъим кьабизе буго насосалъ, росулъе бачунеб бач1ине буго самотеком. Гьел х1алт1аби гьарулел бак1аздаги риччана харбал нижеца лъел турбаби ричулел раг1улилан. Бит1араб буго нахъе хут1арал 400 метра трубабазул ричана Курмиб росулъе. Гьелъухъ щвараб г1арацги 100 азарго гъурущ кьуна трубаби регъарал х1алт1ухъабазе, хут1араб г1арац т1адбуссине гьабуна трубаби росизе г1арац кьурал чаг1азухъе.
Х1исабалде босун бук1ана ракьулъан рачунел трубаби лъезе росдал администрациялъул къуват г1еларин, т1асан бихьулеб бак1алдасан рачарал г1елилан. Гьел лъолел мехалъ росдал дибир Г1. Г1умарх1ажиевасда бихьун гьел лъолел, вач1ун аск1овеги г1арац росуцоязухъа бак1аризе сбор лъазе гьабуна. Гьеб мехалде швезег1ан ричун рук1ана трубаби. Жакъа къоялде бак1арун буго 2 млн. гъурущалдаса ц1ик1к1араб г1арац, х1исабалде босун буго районалъул администрациялде г1олареб бут1а г1арцул биччаян ине.
— Суал. 35 сон буго росулъ г1адамазе минаби гьаризе ракьал кьеч1елдаса. Г1адамаз дагьа – дагьаб ккун Абух1на майданалдаса эхеде минаби гьаризе байбихьана. Гьеб суалалда сверухъ гьарулел х1алт1аби ругищ?
— Жаваб. Жакъа къоялде росдал администрациялде рач1ун руго 3 азаргоялдаса ц1ик1к1араб г1арза минаби гьаризе ракьал кьеян. Х1исабалде росун руго Т1адмайданалдаса Хьаргаби – Ташкапур шагьранухда ва г1и бач1унеб нухда гьоркьоб 78 чиясе ракьал кьезе. Гьелъие х1адурун ва рахъун руго планал. 400 чиясе планал кьезе х1исабалде росун руго К1удияб гох1да нахъа. Гьелъие г1оло 15 га росдал маг1ишаталъул ракьал руссине гьаруна жалго бет1ергьанал бак1ал раялъул ракьазде.
— Суал. Минаби гьаризе ракьал кьеян рач1арал г1адамазда гьоркьор щал ругел?
— Жаваб. Жакъа къоялде жалго бет1ергьанал минаби разе ракьал кьеян рач1аразда гьоркьор г1арзаби руго 20 хасаб рагъулаб операция гьабулеб бак1алда г1ахьаллъи гьабулезул хъизамазул, 147 лъимал – инвалидал хьихьулел хъизамазул, 180 лъимал г1емерал хъизамазул ва гь. ц.
— Суал. Кидаго росдал г1адамал данделъараб бак1алда рорхула хурзабазул ва боц1ул суалал. Гьелда сверухъ щиб абизе бегьулеб?
— Жаваб. Росдал администрациялъ магъилъ бак1 ц1унизелъун т1амун вуго лъабго чи. Гьезие ч1езе гьабураб мухьги буго, гьез жаниб т1амураб боц1ухъ г1ак1аги бахъула. Х1исаб гьабураб мехалда ахазул ва боц1ул суалал росдал администрациязде т1аде кколел суалал гуро. Нижеца гьел т1уразе гьаризеги кколаро. Мисалалъе К1ик1униб, Къудукь росабалъ цо сотых ракьалъул рик1к1ун бак1арула 100 – 100 гъурущ г1арцул ва гьеб г1арцухъ ккола г1ухьбиги, гьез жаваб кьола ах- хуралъулги.
— Суал. Нилъер росдал ц1ар т1ибит1изе гьабурав гугарухъан вуго Олимпиязул х1аязул чемпион А. Тажудинов. Гьесие цебе библиотека бугеб бак1алда мина гьабизе бак1 кьезе раг1и кьун бук1ана. Щиб ккараб гьеб суалалъул?
— Жаваб. Росдал администрациялъул х1укмуги гьабун законалда рекъон гьединал бак1ал кьезе бегьулел ратич1о. Х1исаб гьабуна документал гьаризе гьеб ч1унтараб бак1 бук1анилан ва бищунго г1одобег1анаб багьаги гьабун аукцион гьабунилан документалги гьарун гьеб бак1 Ах1мадие кьезе. Амма гьеб бак1алде гьоркьоре лъугьунелги ккана нилъер росуцоял ва гьабуна хвезе гьабураб х1алт1и. Росуцоял к1удияб гьари буго нужеде росулъ харбал т1ирит1изе гьарич1ого росдал администрациялде рач1а гьезухъ г1енеккич1ого якъинго ах1вал – х1ал лъазе бук1ине. Чангоял рач1ана нижехъе ва щвалде щварал жавабалги кьун ана нахъе. Росдае лъик1лъиялъе гьарулел х1алт1абазул рахъ кквезе г1амал гьабе бат1и – бат1иял харбазухъ г1енеккич1ого.